А.Захарченко: Россиялъ нижее кумек гьабулеб буго

«Донецкалъул халкъияб республикайилан» абураб сепаратистазул багъа-бачариялъул цIияв цевехъан Александр Захарченкоца лъазабуна жидеде Россиялдаса кумек щун бугин абун.

Ай – гьениве азаралда кIинусгогIан рагъухъан витIун вугин Россиялъул территориялда ункъго моцIалда жаниб рагъулаб яравуллъи гьабун.

Гьединго сепаратистазде бачIун бугин 30 танк ва 120 рагъулаб автомашина. Гьадин лъазабуна «Эхо Москвы» радиостанциялъ.