Украиналъул аскарияз 3 шагьар хвасар гьабуна

Украиналъул машрикъалъул рахъалда терроризмалде данде къеркьей гьабулел къуватаз сордо-къоялда жаниб лъабго бакI босун буго жидерго контролалде гъоркь – Луганск икълималда бугеб Чернухино шагьар, ва Донецк икълималда ругел Булавинское ва Александровское абулел шагьарал.

Гьадин лъазабуна тIобитIараб бриффингалда Украиналъул ХIинкъи ГьечIолъи ва улка цIуниялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца.