Дунялалда техникияб инкъилаб гьабизе бегьула дагъистанияс

Женеваялъул автосалон, 2013 сон

Дагъистаналдаса пенсионерас ургъун буго дагьаб цIатариги бухIун, ругездаса къуваталда хIалтIулеб автомобилалъул мотор. Дунялалда жеги гьединаб мотор лъицаниги ургъун букIинчIин, гьедин букIаниги Россиялда жеги жиндир къимат кьолеб гьечIин абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб мотор ургъарав ГIибадулаев ХIажица.

28 соналъ цIех-рехазул идарабаздаги хIалтIун рокъов вугев, дагъистаналдаса жанисел ишазул пенсионер ГIибадулаев ХIажица ургъараб автомобилалъул моторалъ дунялалда техникияб инкъилаб гьабизе бегьулин рикIкIунеб буго специалистаз. Хасаб техникияб лъайги гьечIев гIадатияв чияс бахъараб гьеб моторалъ гIадамазул гIарац гурониги пачалихъалъул нартил нахърателалцин цIунизер ругин абулеб буго гьез.

ГIумруялъ жанисел ишазул идарабазда хIалтIилев вукIарав ХIажи I0 соналъ цеве пенсиялдеги ун тIаделъун вуго гьеб цIияб мотор ургъиялде. Гьелъие киналгIаги ресалги рукIинчIила жиндир, сахаб хIалтIизе бакIцин бкIинчIого живго гIумру гьабун вугев рокъоб жаниб кинабго тIагIел-гIучIги махх-кIачги бакIарун хIалтIизе лъугьанин живилан бицана ГIубайдулаев ХIажица «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIажил рагIабазда рекъон гьес ургъараб мотор гьанже ругездаса къуватабги буго, тIадежоялъе гьелъ цIатариги саламатго дагь бухIулеб буго.

ХIажи ГIубайдулаев: «Автомобилалъубе нилъеца тIураб бензиналъул I00 литралъул 10 литр гурони автомобиль билълъиналъе хIалтIизабуларо. ХутIараб кинабго цIатари гьаваялде бахъун уна. Дица ургъараб моторалъуб бугеб гьаваялъул тIадецуйги цIикIкIинабун, гьеб 70% лъикIги хIалтIула, цIатариги чанго нухалъ дагь гурони бухIуларо. Дир мотор бихьараб мехалда гIадамал цин божуларого рукIуна, гьениб бугеб гьаваялъул тIадецуй бихьун риххун хутIун рукIуна. ГIадатияб моторалъ гьединаб тIадецуй хIехьоларо, гьеб кесказде биххун уна. Гьединал моторал гьаризеги кутакаб гIарац хвезабизе кколеб гьечIо, дица гьел басриял автомобилалъул моторалъул бутIабаздасан данде гьабуна. Нилъер гIадамазе унго-унгояб жо буго дир мотор. нНужецаго данде кквеха гIадатияб моторалъ 100 литр бензиналъул 12 литр гурони автомобиль билълъиналъе хIалтIизабуларо, диралъин абуни гьеб 100 литралъул 66 литр цIатаридул хIалтIизабула автомобиль билълъиналъе. Гьаваялде унеб бензиналъул къадар чанго нухалъ дагьлъизабулеб буго гьелъ».

ХIажица жиндирго басриябго жигули автомобилалда жаниб лъун буго гьеб цIияб мотор. Гьелъул къуват унго-унголъунги бихьула россиялъул автомобилаздаса чанго нухалъ къуваталги лъикIалгийин рикIкIунел къватIиса пачалихъазул автомобилазде данде биччараб мехалда. Гьедин дунялалдаго бищун лъикIал автомобилал гьарулелин рикIкIунеб Германиялъул автомобильги, ХIажил жинцаго ургъараб мотор лъураб басрияб жигулиги цоцалъ риччараб мехалда, гьесул автомобилалъ «БМВ» нахъа тун буго.

ХIажица абулеб буго гьес ургъараб мотор тIубан рагIалде бахъинабизе ккани цо чанго жеги цо чанго бутIаялда тIад хIалтIи лъугIизабизе кколила. Гьелдаса хадуб бокьараб бакIалде цебе босизеги, бокьараб автомобилал гьарулеб компанияздаияихьизабизеги бегьулилан. Амма гьесул рахIат хвезабун буго Дагъистаналдаги, хIатта Россиялдаги гьес ургъараб цIияб моторалъул ургъел гьабулев чи ккечIолъиялъ. Гьес абулеб буго букIине кколеб къиматали щиб гуринила, жиндир моторалъухъ гIинцин тIамичIилан. Гьедин чара хварав чияс гьес 4 соналъ цебе кагъат хъван букIун буго Дагъистаналъул «Новое Дело» газеталде, амма гьелдаса хадубги гьединаб жоялде гъира бугев цо чанго чи аскIове вачIун гурони я тIалъиялъул рахъалдасан щибго кумек щун гьечIо гьесие. Гьелдаса хадуб Дагъистаналъул президентлъун МухIамадсалам МухIамадов вугев мехалда гьесухъеги, гьесул бакIалде вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповасухъеги гьеб моторги бахъун, гьеб хIалтIулеб куцалъулги хъван, гьелъ гIадамазе гьабизе бугеб кумекалъулги хъван, гьелдаго цадахъ мотор тIубан лъугIизабизе кумекги гьарун хъвараб кагътиеги щибго жаваб щун гьечIо. Гьедин букIаниги жиндица хIажатаб жо гьабун букIиналда ракI чIун бугин, гьединлъидал Россиялъул президент Владимир Путинихъеги хъванила жиндица гьелъул хIакъалъулъин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ХIажица, амма жеги гьелъиеги жаваб щвечIилан.

Гьединго «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ХIажица бицана жив гьаб сагIаталда Москваялда вугила, гьенир ругел гIолохъабаз ахIанила жив гьеб моторалъул мухIканго бицине. Гьезда ракIалда бугила батIи-батIиял выставкабаздеги босун жиндир гьеб моторалъул хIакъалъулъ автомобилал гьарулел батIиял пачалихъазул компаниязда лъазабизейилан. Жиндиени бищунго цIакъ Россиялъул автомобилал гьарулел заводаз гьелъухъ гIинтIамизе бокьун букIанила, амма чанцIулго гьезухъе проектал ритIаниги гьез гIин тIамичIила, гьединлъидал цойгидазгIаги гьелъие букIине кколеб къимат кьелин хьун бугин жиндирилан абуна ахиралдаги Дагъистаналдаса жеги дунялалда лъицаниги ургъичIеб автомобилалъул мотор гьабурав ГIибадулаев ХIажица.