Белоруссиялъ ва Казахстаналъ кколеб гьечlо Россиялъул санкциязул рахъ

Кумурукханаялъул Цолъиялда ай Таможенный Союзалда Россиялъул партнерал- Белоруссиялъ ва Казахстаналъ лъазабуна Европаялдаса ва Америкаялдаса кванил нигIматазул импорт гьукъиялда сверун Россиялъул санкциязул рахъ кколеб гьечIин жидецайин.

Белоруссиялъул президент Александр Лукашенкоца лъазабуна жидер улкаялда ругониги гъурхъи бахун гьел нигIматал Россиялде ине гьечIилан.

Гьебго заманаялда Белоруссиялда цIакъ рохун руго Россиялъ лъазарурал санкцияздаса, щайгурелъул гьелъ рес кьолеб буго гьезие хех гьабун Россиялде жидерго нигIматал ричизе ва гьединго жидералин абун чияр нигIматазе реэкспорт гьабизеги. Гьедин лъазабулеб буго Минскалдасан Эркенлъи Радиоялъул мухбирас.

Белстаталъул баяназда рекъон, исана Минскалъ гьанжеялдего Россиялде чанго миллион долларалде экспорт гьабун буго «белоруссиялъул» лимоназул, ананасазул, бананазул, мидиязул ва цоги ралъдал жанаваразул.

Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевасул пресс-хъулухъалъ лъазабуна Россиялъул санкциял ругин цорахъалъул иш ва Кумурукханаялъул цолъиялда тIадаб гьечIин гьезул рахъ кквезейин.