Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун халкъаздагьоркьосеб идараялъ къватIибе кьун буго Афгъанистаналда Америкаялъул ва коалициялде гъорлъе унел цоги улкабазул аскарияз жидер гIагарал чIварал гIадатиял гIадамазда ритIухълъи балагьизе кIолеб гьечIолъиялда хурхараб доклад.
Документалда Афгъанистаналъул хIукуматалде ахIи балеб буго НАТОгун яги Америкагун гьарулел къотIиязде «къануналде данде кколареб куцалда гIадатиял гIадамал чIваялъул» цIех-рех гьабизе ккеялъул тIалабги жубайин абун.
Инсанасул ихтиярал цIунулезул хIалтIул аслияб хIасил буго-ритIухълъи балагьизе афгъаналъулазе ине бакI гьечIин ва иш гьедин хутIани, гьелъ «хIинкъи бугеб ирс нахъе толеб бугин» абураб.
Amnesty Internationalалъ гьадинго лъазабулеб буго жидехъ ругин Афгъанистаналда гIадатиял гIадамазде, гьездаго гьоркьор лъимадуе ругел руччабазде ва гIисинал лъималазде тIадекIанцIиял гьариялъул анцI-анцI документалиял далилалин. Инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго гьел хIужабазул цо-цоял «рагъулал такъсирал» ругин абизе бегьулин.