Обама: «Исламистазде данде кьал халат баъине буго»

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца шамат къоялъ лъазабуна «ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» абулеб радикалиял суннитазул багъа-бачариялъул рагъухъабаз чIей гьабулел бакIазде цIиял гьавадул гьужумал гьарун ругин, ва гьезул хIасилалда тIагIинарун ругин экстремистазул рагъулаб техникаги ярагъ-матахIги.

Барак Обамаца абуна рагъухъабазде данде байбихьараб рагъулаб операция халат бахъине бугин жеги халатаб заманалдаилан. Бергьенлъиялъе гIоло къваригIун бугин ГIиракъалъул тIадтаразул цолъи, ян тIаде жубана Америкалъул президентас.