ФСБ-ялъ Крымалде татаразул хIаракатчи виччачIо

Шамат къоялъул радал Крымалда бугеб балагьута бакIалда Россиялъул Федералияб Хъулухъалъул вакилзабаз гьбениве виччачIо Турки ялда бугеб крымтатаразул диаспораялъул жамгIияв хIаракатчи Исмет Юксель.

Гьадин лъазабуна Фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералда крымтатаразул жамгIияв цевехъан Рефат Чубаровас. ФСБ-ялъул хъулухъчагIаз лъазабуна – Исмет Юкселие щуго соналъ гьукъун бугин Крымалде вачIине.