Бечедаб укаялъул мискинлъи

Москваялда кванил тукен, 7 август 2014

Европаялъул ва Америкаялъул санкциязде данде жиндирго санкциязул лъазабуна араб анкьалда Россиялъ. Гьезда рекъон, лъагIалица гьукъун буго Россиялде цо-цо кванил нигIматазул экспорт. Гьебго заманаялда лъазабулеб буго гьеб болжалалъул цIидасан хал гьабизеги рес бугинги.

Кинаб бугеб Россия экономикияб рахъалъ? Бажаризе бугищ гьелда къватIиса импорт гьечIого цебе гIадин бетIербахъи гьабизе?

Меседил нахърателалъухъ балагьун Россиялъ дунялалда кколеб буго 4-билеб бакIал ва гьеб бащалъулеб буго 500-гIан млрд. долларалда.

2011 соналъул ахиралде Россиялда тIад букIараб къватIисеб налъи бащалъулеб букIана 36 млдр. долларалда ва гьеб рагIула дунялалъул цоги улкабазул налъабазде дандеккун бищунго гьитIинаб тарих.

Дунялалда ругелщинал рекьул ракьазул 10% кколеб буго Россиялъе. Гьезулги щуго бутIаги гьабун ункъго буго кколеб буго Централияб Поволжьеялде, Шималияб Кавказалде, Уралалде ва Магърибияб Сибиралде. Ролъуе экспорт гьабиялъул рахъалъ Россиялъ дунялалда кколеб буго лъабабилеб бакI.

2013 соналъул хIасилазде балагьун Россиялда хIалтIулев чиясул моцIрол гьоркьохъеб харж бащалъулеб буго 30 азаргогIан гъурщида.

Дунялалъул улкабазда гьоркьоб жанисеб валовияб хайиралде балагьун Россиялъ кколеб буго анлъабилеб бакIал. Дунялалъул экономикаялда Россиялъул бутIа буго 4-ялдаса цIикIкIун процент.

Гьел тарихазухъ балагьун ракIалде ккезе бегьула гьеб улкаялда гIумру гьабулел гIадамал кутакалда бечедал ратилин. Гьеб гьедин гьечIолъи бихьулеб буго жалго гIадамаз бицунелде ва гьезул рукIа-рахъин гIуцIун бугеб къагIидаялде балагьун. Бечедав гьечIониги жиндир бугеб жиндие гIун бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе Гъизилюрт шагьаралда гIумру гьабулев СалихIов СалихIица.

Your browser doesn’t support HTML5

СалихIов СалихI

Барак Обама: «Россиялъ щибниги гьабулеб гьечIо. Иммигрантал Москваялде гIедегIуларо кIудиял ресал ралагьун.

Россиялда бихьиназул гIумруялъул гьорокьохъеб ригь 60 соналдаса цIикIкIун гьечIо. Халкъ дагьлъулеб буго».

Гьедин абун букIана гьаб анкьалда The Economist газетаялъе интервью кьолаго америкаялъул президент Барак Обамаца.

Амма улка бечедаб букIине ккани гьелъ чара гьечIого жиндие хIажатабщинаб къайи жинцаго гьабизе кколарин рикIкIунеб буго Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалда экономикиял суалазул рахъалъ эксперт Сенинский Сергейица.

Кинал рукIаниги политикиял конфликтал ругеб мехалда щибаб нухалда, хасго цере тIолел улкабазда, раккулин кинабго къайи улкаялда жанибго гьабизе кколин ва нилъ лъида букIаниги рарал рукIине кколарин абулел харбал. Политикиял конфликтал лъугIунин ва гьелдаса хадуб улка тIадбуссунин экономикиял категориязде ва экономикаялъул аслияб категорияги кколин халкъазда гьоркьоб хIалтIи бикьун букIиналъул категорияйин бицана Сенинский Сергейица.

Щиб жоха кколеб халкъазда гьоркьоб хIалтIи бикьи абураб жоялъул магIна? Сенинскияс гьадин бичIчIизабулеб буго.

Сенинский Сергей: «Халкъазда гьоркьоб хIалтIи бикьиялъул система бугеб мехалда щибаб улкаялъ гьабула жинда бищунго лъикI гьабизе лъалеб яги бажарулеб иш яги къайи. Гьеб-гьабулеб хъулухъ букIа яги къайи букIа-цогидазулалдаса лъикIабги учузабги бугони-мун чода вукIуна.

Масала 14-15 сон цебе Америкаялда хIалтIи чIезе тана жидерго телевизорал гьарулеб ахирисеб компаниялъ. Гьелдаса хадуб телевизорал гьечIогойищ Америка хутIараб? ХутIичIо, гьез эркенго босула, щивас жиндир ресалда рекъон, бокьараб телевизор. Телевизорал абуни гьарулел руго гьел лъикI гьаризе лъалел ва цогидазде данде къадругун-багьаялъул рахъалъ бергьунел компанияз. Базаралда бергьун руго гьел компаниял. Гьез кьола гьанжесеб заманалъулаб лъикIаб къайи ва цоги гьединазде дандеккун гьезулаб учузаб буго.

Гьеб даражаялда жидер бизнес чIезабизе кIоларел компаниял гьеб базаралдаса нахъе уна.

Гьелъие гIаксаб мисалги бачинин. Масала, Финляндия, Дания, Швейцария-гьел руго дунялалдаго бищун гIумру гьабизе лъикIалин рикIкIунел улкаби. Бечедал ва талихIалъул индексалде балагьун тIоцересел мухъазда ругел улкабийин рикIкIуна гьел.

Гьел улкабазда, масала, автомашинаби гьаризецин гьаруларо. Гьелдаса гьезие щиб бугеб? Щибниги гьечIо. Гьарулезул росула гьез гьел, ресалда рекъон.

Англиялъул гIадамазулги кIудияб ракIхвей гьечIо жидер улкаялда, масала, гъажалда ралел сагIтал гьарулеб фирмаго хутIун гьечIин абун. Гьел щибизе гьезие? Гьелде тIадеги «Ягуар» автомашинаби гьарулеб фирма цин букIана «Фордалъухъ» хадуб гьениб реформа гьабун хадуб гьез гьеб бичана ва гьанже гьеб босун буго Индиялъул Tata Motors компаниялъ.

Англичанал гьелда гIагалун ругищ? ГьечIо. Гьел гьелдаса рохунцин руго, щайгурелъул гьеб холеб букIараб бизнес цо чияс босун букIун ва гьелда рухIги речIчIизабун гьезул хIалтIул бакIал цIунун рукIун. Гьанже абуни Ягурал ричулел руго цере киданиги ричулел рукIинчIелгIан гIемер.

Бицине бегьула гьал машинаби лъикIал дол квешал ругин, амма цебе тIолеб улкаялдасаги вачIун чияс цебе тIураб улкаялда бизнесги босун гьеб гьес цебе тIезабиялдаса квешлъи лъие ккараб? Лъиениги ккечIо!»

ЭР: Россиялъул кинаб бугеб гьединаб дуналалдаго машгьураб бренд-Калашниковасул автоматги, космосалъул «Союз» гамулги, водкаги хутIизегIан?

Сенинский Сергей: «Россиялъ хIаракат бахъулеб буго жиндирго гражданиял авиалайнерал гьаризе. Рес буго ахир-къадги гьеб иш россиялъул автопромалъул эволюция лъугIараб куцалда лъугIинеги. Щай? Щайгурелъул, къайиялъул къадругун багьа цоцазде дандекколеб гьечIолъиялъ. Россиялда кIола гIезегIан церетIурал гьанжесеб заманалъулал аэропланал гьаризе. Россиялъ гьел гьарулелги руго. Амма гьебго заманаялда гьел лайнерал рукIине ккола жидее гьабизе кколеб хъулухъ учузал. Гьел хIалтIизарулел компаниязда бажаризе ккола жидедаго гьезие хъулухъ гьабун. Гьелде тIадеги гьез бухIулеб цIатариялъул къадар букIине ккола дагьаб.

Жакъа Россиялда ругел лайнеразда абуни, гьеб рахъалъ, бажаруларо я Боингалдаса ялъуни Айрбасалдаса бергьине.

Гьелде тIадеги Россиялъул лайнеразул авионика ай авиалайнеразда жаниб букIунеб электронияб аппаратурагун техника цогидазде дандеккун бецIцIизе гIадинаб гьечIо.

Чара гьечIого гьеб Россиялъул букIине кколеб батани, авионика къватIисел улкабаздасаги босун гьареха лайнерал».

ЭР: Финляндия, Дания, Швейцария гIадинал улкабазда релъон бечедабги гьечIони, беццизе бегьулеб къайиги гьечIони, кинабха бугеб россиялъул тIокIлъи цоги улкабазде дандеккун?

Сенинский Сергей: «Цоги улкабазде дандеккун Россиялъул тIокIлъи буго гьелъул газгун нарт гIемераб букIиналъулъ. Гьеб буго ТIадегIанас гьезие кьураб жо. Гьес хъван букIун буго гьеб территориялда гьадигIанаб къадар газил ва нартил букIине бугин. Амма Россиялда бажаризе ккола гьеб газгун нарт бацIцIад гьабизе. БацIцIад гьабичIеб гьеб учузаб букIунелъул ва бацIцIад гьабиялъул къадарги букIуна батIи-батIияб. 90 проценталъ бацIцIад гьабураб ва гьелдаса нахъе хутIулеб "чороклъи" дагьаб газгун-нарт букIинарищха 70% бацIцIад гьабуралдаса.

Европалда гьеб 90% яги цIикIкIун проценталъ бацIцIад гьабулеб батани, Россиялда 75% проценталъ гурони гьабуларо.

Дунялалда бахъулебщинаб нартил лъабго бутIаги гьабун кIиго бутIа унеб буго батIи-батIияб тайпабазул цIатариялъе; автомашиназе, ЦIатариялъул электростанциязе ва авиалайнеразе.

Цого чIегIернартил цого къадаралдаса лъикIаб цIатари гьабизе бегьула цояз цIикIкIун цогияз дагь. Гьеле гьеб бараб буго технологиязул цебетIеялда. ЧIегIернартил цо къадаралдаса лъикIаб цIатариялъул 90% гьабизе дуда кIолеб бугони-мун чода вуго, кIолеб гьечIони-ялъуни хIаракат бахъе, ялъуни дуе хIажатал технологиял ричун росе гьел ругезухъа».

ЭР: Дуда кIолищ абизе Россиялда къватIисел улкабаздаса къайи яги кванил нигIматал бакIалъулазде дандеккун гIемерго цIикIкIун ричулел ва росулел ругин абизе?

Сенинский Сергей: «РачIа босизин Россиялъул гьаналъул базар. Гьениб буго лъабго аслияб бутIа-гIанкIудал гьан, болъонил гьан ва хIайваналъул гьан. ГIанкIудал рахъалъ базаралда Россиялда импорталъул 10 процент гурони гьечIо, гьелъул магIна ккола Россиялда гIанкIудал гьаналъул 90 % улкаялда жанибго гIезабураб бугин абураб. Болъонил гьаналъул- импорт бахунеб буго 17-20 %, хIайваналъул гьаналъул процент дагьаб цIикIкIун буго. Гьеб цохIо Россиялъул гуребги дунялалъулго проблема бугин абизе бегьула. Гьелъулги Россиялда 25% гурони импорталъул гьечIо».

ЭР: "Бушил бохдуздаса" цебегойищха инкар гьабун букIараб?

Сенинский Сергей: «Кинха абилеб? Россиялда бугеб гIанкIудал гьанал импорталъул 10 проценталда гьоркьоб 5% буго Америкаялдаса бачIунеб. Гьанже санкциязда рекъон гьеб гьукъулеб бугониги, гьеб бигьаго бецIизе кIола Бразилиялдаса, Латиназул Америкаялъул цоги улкабаздаса, ялъуни Китаялдаса бачIунеб импорталдалъун».

ЭР: Дагъистаналда, масала, щивниги гIажаиблъуларо Испаниялдаса гIеч яги Грециялдаса картошка базаралда бичулеб букIиналда, гьебги Туркиягун Азербажаналдаса ва цоги аскIорегIан гурел улкабаздаса гьениб бичулеб къайиялде балагьичIого. Щай ракьалги гIемераб, хIалтIи гьечIезул армиялги ругеб Россиялда гьенирго рижизаризе кIолел нигIматалцин къватIисел улкабаздаса ругел?

Сенинский Сергей: «Базаралда бергьуна лъикIал шартIал чIезаризе бажарулев бизнесчи. Гьеб букIине ккола къадруялъул рахъалъ лъикIаб ва багьаялъул рахъалъ учузаб. Къадруялъул дица бицунеб мехалда гьеб гIицIго витаминазул бицен гуреб-гьеб буго къайи цIуниялъул, гьеб бичулеб тукаде щвезабизе бажариялъул, гьеб къачIаялъул къадруги.

Россиялда ругел кIудиял тукабазда кIола бокьараб бакIалдаса къайи босизе. Масала, Россиялдаса картошка гьесие бичулеб буго 100 гъурщиде. Гьеб буго пуланаб къадруялъул ва аскIобги буго, амма гьелъул багьа буго 100 гъурущ. Гьебго заманаялда гьесие бичулеб буго Мисралъул яги Израилалъул картошка, бакIалъулалдаса квешабги гьечIеб, амма 60 гъурщиде. Гьеб гьез тукадеги щвезабулеб бугони-кинабха тукабаз босилеб?

Жинцаго бичулеб жо гIемерлъизе ва гьеб батIи-батIияб букIинелъун тукада, узухъда, кIола бакIалъул картошкаги босун лъезе бичизе. Амма гьесие аслияблъун хутIулеб буго къадруялъулги багьаялъулги дандекквей.

КъватIисел нигIматал квешал рукIунин абураб пикру буго гIадамазда гьоркьоб билъанхъун. Квешал рукIаралани гьел росулароан. Къайи берцин къачIазеги, хасал къалахъ лъун тукабазде гьеб щвезабизеги къайиялъул бетIергьанасда бажарулеб бугони кIола гьесда гьеб къецалъулъ бергьине, гьечIони-тIаса лъугьа!».

Щибха гьабизе кколеб жинца гIезабураб нигIмат берцин къачIазеги, хасал къалиязда жаниб лъун гьеб тукадеги щвезабун бажарулерев, амма тIагIамаб нигIмат гIезабулев чияс?

Гьединазе пачалихъалъ кумек гьабизе кколин рикIкIунеб буго экспертас ва ракIалде щвезабулеб буго Европаялда гьеб хIалтIи гьабулеб куц.

Европаялъул фермеразе субсидиял кьола жибго улкаялъ гуребги Евроцолъиялъул киназего гIаммаб бюджеталдасаги. Гьеб бюджет гIуцIун букIуна Евроцолъиялде гъорлъе унеб 28 улкаялъул щибалъ жиндир жанисеб валовияб хайиралъул 1% кьун. Европаялда бищунго бечедаб Германиялъ гьенибе кьолеб 1% бищунго гIемераб букIуна.

Гьеб киназего гIаммаб гIарцудасаги кьола Европаялъул улкабазул феремеразе субсидиял. Аслияб куцалда гьел щолел руго Испаниялъул, Франциялъул ва Италиялъул фермеразе.

Гьебги бокьарав жиндие кьейин абураб чиясе кьолеб гIарац гуро. Гьеб кьола жинца гьеб сунда тIад харж гьабизе бугебали бихьизабурав ва гьелде щвелалде жиндирго бакIалда гьеб рахъалъ бихьизабизе гIураб хIалтIи гьабурав чиясе. Гьедин бицана Сенинскияс. Гьесулго рагIабазда рекъон, росдал магIишаталъе кумек дунялалъул киналго улкабаз гьабула, цояз цIикIкIун цогияз дагь, амма гьабула. Масала, Япониялъ ва Жанубияб Кореялъ пиринчI гIезабулел жидерго фермеразе гьабулеб кумекалде балагьун цоги улкабаздаса пиринчIаллъул базаразда гьезулалде аскIоре къазецин кIоларо.

Гьаб анкьалъ Россиялъ къабул гьаруна Европаялъул улкабаздаса ва Америкалдаса рачIунел кванил нигIматазе чIезарулел санкциял. ЛъикIищ гьел квешищ?

Сенинский Сергейица бицухъе, Россиялъул экономикаялъе гьел санкциязул лъикIал рахъалги руго.

КIиго сон цебе ВТО-ялде ай Дармил рахъалъ ТIолгодунялалъул идараялде лъугьунаго Россиялъ нахъе рахъун рукIун руго улкаялде бичизе бачIунеб гьаналъухъ гIорхъода кумурук босиялъуял шартIал ва гьелдаго цадахъ цIунун тун рукIун руго гьеб гьанал къадаралъе рукlарал квотаби.

Гьелъул магIна ккола ВТО-ялде лъугьиналде цебего букIараб гIанасеб къадар гьанал Россиялде бачIунеб букIанин гIурхъи бахунаго кумурукги кьечIогойин абураб. Гьединлъидал Россиялде бачIунеб къватIисеб гьаналъул къадар цинтIаго цIикIкIун буго ва Россиялдаго хIайванал гIеразулел чагIазе гьелдаса рекIкI кколеб букIун буго.

Гьанже санкциял гьарун ва къватIиса, хасго Европаялдаса бачIунеб гьан гьечIеб мехалда гьел фермеразе жидерго магIишат цебетIезабизе ресал цIикIкIине ва гьенире инвесторал ине шартIал гIемерлъулел ругин рикIкIунеб буго экспертас.

Гьаб жакъасеб программа нижее бокьун буго Дагъистаналдаса МухIамад абурав гIолиласул рагIабаздалъун лъугIизабизе, щайгурелъул россиялъулазул цIикIкIунисеб бутIаялъул гIумруги, ахирисел батIи-батIиял цех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон, гьезул улкаялдехун бербалагьиги, улкаялъул нухмалъиялда 70-гIан проценталде бахараб божилъиги гьесул гIадинаб букIун.

МухIамад: «Дун вуго МухIамад, абизе бегьула дун гIадатияв дагъистанияв вугин, дида релъарал цоги гIемерал рукIун.

Радал бусада вукIаго дун балагьула китаязул доба гьабураб сагIтихъ рогьалил какил заман щун бугищан, какие квал-квадилаго дица хIалтIизабула Болгариялда гьабураб сапун, какикьжоги буго дир Ираналда бессараб, сивакги буго дир гIарабиялъа бачIараб.

Туркиялдаса бачIараб чайги гьекъон ретIуна дица германиязул доба букъараб гурде, хьиталги ратана Италиялда гьарурал. Чвантинибе рехула Америкаялда гьабураб телефон, горбоде речIчIизабула Франциялда гьабураб махI берцинаб лъим.

РекIана Германиялда къватIибе биччараб «Лексус» автомобиалда.

ХIалтIул кабинеталда дун гIодов чIола румыназул доба гьабураб тамахаб мугъчIвалеб бакIида, американияз ургъараб интернеталде ваккизе дица пайда босулана Кореялда гьабураб Самсунг фирмаялъул планшеталдаса.

Амма дица дунго рикIкIуна Россиялъул патриот вугин ва гьединаб улка тIокIаб гьечIин».