ГIиракъалъул радикалиял суннитаз Бахдида шагьар бахъана

ГIиракъалда ругел радикалиял суннитаз жиндир тIубараб контролалде гъоркь босун буго аслияб къагIидаялда насранияз гIумру гьабулеб Бахдида шагьаралда тIад, ян лъазабулеб буго "Вашингтон пост" газетаялъ.

Курдазул вакилзабаз халкъаздагьоркьосеб жамагIаталдехун руссун, кумек гьАрулеб буго. «гIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб гIуцIиялъ гьарулел гьужумазул хIасилалда курдаз гьединго тана Кваракош, Бартелла ва Башика абулел шагьарал.