Къурбанов нахъе рехизе цойги нух

Дербент мухъалъул бетIер Къурбан Къурбанов азарханаялдаса къватIивеги виччан, жиндирго хъулухъалде ун вуго.

Гьелдаго цадахъ раккун руго баянал Дербент мухъалъул нухмалъиялъ бюджеталъул гIарац кин бикьа-къотIун бугебали хал гьабизе Дагъистаналъул бетIерас ХIисаб кьеялъул палатаялъул вакилзаби ритIун ругин абуралги.

Амма бицунеб буго гьез гьеб хал гьабун бахъинегIан Къурбанов хIухьбахъизе курорталде ине вугиланги. Гьелда бан ЭР-ялъе кинабгIаги баян кьечIо Дербент мухъалъул администрациялдасан.

РекIел унти ккеялда хIинкъи бугилан, чанго къоялъ цеве Дербент азарханаялде хъамун вукIана Къурбан Къурбанов. Гьесие квеш лъугьун бугоан хъулухъалдаса нахъе аян гIарза хъвазе кколилан Дагъистаналъул хIукуматалдаса чияс лъазабун хадуб.

Байбихьуда жив тIалъиялда данде инарилан лъазабун букIарав Къурбан Къурбанов, гьанже жинца халкъалъул мурадал цIунизе кколилан, гьединлъидал хъулухъалдаса ине гьечIин чIана хадусан гьев. Гьедин Дербенталда цин данделъун рукIана росабазул бегавулзабиги гIадатиял гIадамалги.

Гьединго 4 августалда ракIарун рукIана Дербент мухъалъул хIакимзабиги. Гьез бицунелда рекъон, Дербент мухъ цебетIеялъе Къурбановас гIезегIан хIалтIи гьабунин, гьединлъидал гьев хъулухъалдаса нахъе ине кколарин абураб пикру буго ракIараразул.

Амма гьел ругин Къурбановас хъулухъалги кьун тарал чагIиги гьесул гIагарлъиги, гьединлъидал гьев цIуничIого рес гьечIин гьезулин абураб пикру буго бакIалъул гIадамазул цогидаб бутIаялъул. Масала, ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабуна Дербент мухъалда гIумру гьабулев Руслан МухIамадрахIимовас.

Руслан МухIамадрахIимов: «Къурбанов кида-къадги ине вуго. Гьесул иш лъикI гьечIо, лъица щиб бицаниги. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гьабулеб гIемерисеб жоялда тIад рекъоларо дун. Амма гьев Къурбанов нахъе витIизе кколин гьес гьабураб хIукмуялда кутакалда рекъола.

Цин бугони, 20-ялде гIунтIун соназ цого хъулухъалда чи кин тезе бегьулев. КIиабизе бугони, Дербент мухъалъул нухмалъулевинги абун, Азербайжаналъе агентлъи гьабулев вуго гьев балъгого.

Киназдаго лъалеб жо буго гьесул мугъчIвалев чилъун президент Илгьам ГIалиев вукIин. Къурбанов гьенив вукIиналъе кьолел жал руго гьабсагIаталда Азербайжаналъ Дербент мухъалда реконструкциязе инвестициялги. Къурбанов нахъе ани, инвестициялги къотIине тезе руго Азербайжаналъ.

Тунги лъикI гьел, щайин абуни, жакъа Азербайжаналъул гьетIи Россиялдехун гьечIо, бакътIерхьул рахъалдехун буго. Гьедин Къурбановас Дербент мухъалда Азербайжаналъул политика билълъанхъизабулеб буго. Гьенив вугев бокьарав хIакимчиясул хIалтIул рокъоре раккани, нужеда рихьила Дагъистаналъулгун Россиялъул гуреб, Азербайжаналъул байрахъги президент Илгьам ГIалиевасул сураталги».

ПалхIасил, жив унтун вугин чIун вуго Дербент мухъалъул нухмалъиялъул Къурбанов. Гьединаб мехалда чи хIалтIудаса нахъе рехизе ихтияр букIунаро, къануналда рекъон. Гьединлъидал бугин Къурбанов нахъе рехизе цогиги нухилан рикIкIунеб буго цо-цояз.

Масала, ХIисаб гьабиялъул палатаялъулги, прокуратураялъулги, цогиги идарабазулги хIалтIухъабаз халгьабиял тIоритIани, Дербент мухъалда гIезегIан гIунгутIаби тIатине рес бугила, ялъуни, МахIачхъалаялъул шагьаралъул мэр СагIид Амировасда хадуб гIадин вертолет битIизе бегьулила.

Бицен гьабулеб суалалда бан социалиял сетаздасан борхизе байбихьана цойги суалги. Масала, Дагъистаналда азербайжанал гIемерлъи. Гьелъие гIиллалъун ккун бугин советияб заманалда коммунистаз азербайжанал хасаб миллат хIисабалда рихьизарун рукIин.

Гьединаб миллат гьечIин рикIкIунеб буго интернеталдасан пайда босулел дагъистаниязул цо къокъаялъ. Персалги, туркалги, таталги кколила гьел.

Азербайжан миллаталъул суал баккиялъе гIилла буго Дербент мухъалъул бетIер Къурбан Къурбанов гьеб миллаталъул чи вукIин. Гьесде щвезегIан къогогIан соналъ гьеб мухъалъе нухмалъи гьабуна Къурбановасул эмен СагIид Къурбановас. Гьесул цогидав вас вукIана Азербайжаналда Дагъистаналъул официалияв вакиллъунги.