Китаялда ракь багъари

Китаялъул Юньнань абулеб вилаяталда ракь багъариялъул хIасилалда ункънусгогIан чи чIван вуго, 1300 гIанасевги лъукъана. ЧIаго хутIарал гIадамал хвасар гьариялъул хIалтIи гьабулеб буго кIи азаралда щунусгогIан аскарияс.