Навальныясул Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъ тIобитIун буго "дачинг"

КIудиял хъулухъчагIазул ва Россиялъул президент Владимир Путинил гIагарисеб сверухълъиялъул гIадамазул дачаби ругеб Москва областалъул Акулиноялда Алесей Навальныясул Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъул хIалтIухъабаз гIуцIун буго тира-свериялъул акция.

«Грани.ру», сайталъ лъазабухъе, ккун вуго акциялда гIахьаллъарав 22 активист ва журналист. «Дачингалъул» гIахьалчагIазул цо автобус полициялъ чIезабун буго Видное шагьаралда аскIоб. Активистаз гIамал гьабун буго электричкаялда рекIун ине, амма Расторгуево станциялда гьел ккун руго.

Твиттералда лъазабулеб буго, Акулиноялде жанире унеб бакIалда гIахьалчагIаз транспорталъе нух бегIерал алатал лъун, къалеб букIанин, гьеб гьабурал цоял рухун ругин.

Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъул хIисабалда, Акулиноялда рагIула «Россиялъул маххул нухазул» бетIер Владимир Якунинил, «Ростехалъул» бетIер Сергей Чемезовасул, «Транснефталъул» бетIер Николай Токаревасул, ФСБялъул нухмалъулезул цояв Сергей Беседал, бизнесмен Аркадий Ротенбергил дачаби.

Маялда гьедианабго «дачинг» тIобитIун букIун буго Москва областалъул Истра мухъалдаги. Гьенирги рагIула Россиялъул президентасул администрациялъул Владислав Володинил, Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Сергей Неверовасул ва цогидал кIудиял хъулухъчагIазул дачаби. Доб мехалдаги полициялъ ккун вукIун вуго 9 чи.