Киевалъ лъазабулеб буго? гIорхъаде аскIобе Россиялъул къуват щвезабун бугин

Украиналъул миллияб хIинкъигьечIолъиялъул ва улка цIуниялъул мажлисалъ лъазабулеб буго, Украиналъулгун гIорхъода аскIобехун Россиялъул рагъул къуват цIикIкIинабулеб букIиналъул хIакъалъулъ.

Бицен гьабулеб рагIула рекъел чIезабиялъул символика тIад бахъараб техикаялъул.

УНИАН агентлъиялъ лъазабулеб буго, Курск областалъул Беловский ва Суджанский мухъазде щвезабун бугин авиациялъул бутIагийин. Гьелъулго лъазабиялда рекъон, къуват чIезабун рагIула Украиналъул гIорхъдаса 40-50 километралъул манзилалда.