Бахъун буго бортизабураб авиалайнералъул "чIегIерал яшикIаздаса" информация

Украиналъул машрикъалъул рахъалда бортизабураб аэропланалъул «чIегIерал яшикIазул» цебеккIунисеб информация бахъун буго The New Straits Times абураб Малайзиялъул газеталъ. Экспертазул рагIабазда рекъон, экипажалъул кIалъаяз бихьихабулеб гьечIо борталда кинаб букIаниги гIорхъолъа борчIараб ситация букIараблъи. Аэроплан бортиялъул тIоцебесеб официалияб информация бахъизе рагIула хадусеб анкьалда.

Амстердамалдаса Куала-Лумпуралде унеб Malaysia Airlines авиакомпаниялъул «Боинг» бортизабуна I7 июлалда Донецк областалъул Грабово росда аскIобехун. Киналго пассажирал ва экипаж хвана. 298 къурбанасда гъорлъан аслияб къадар колел руго Нидерландазул гражданал.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инсанасул ихтияразул тIадегIанай комиссар Нави Пиллэйица лъазабуна авиалайнер бортизаби рикIкIине бегьулин рагъулаб такъсир хIисабалда.