МИДалъ какулеб буго Украиналда хурхун Евроцолъиялъул хIукму

Еврорцолъиялъ Украиналъе рагъулал технологиял ва къай-матахI бичиялъе гIорхъаби рахъи Россиялда рихьулел руго «кIигьумерлъиялъул стандартал» хIисабалда.

Россиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъ жиндирго сайталда рахъарал комментариязда абулеб буго, «Евроцолъиялъул улкабазул лидераз «бальгогIадин» хIукму гьабун бугин Украиналде жанисел репрессиял гьариялъе хIалтIизабулеб амнициялъул экспорталъе гIорхъаби рахъиялъулин. Изну кьун буго гьединго рагъулал технологиязул экспорталъегиийн».

Къватисел ишазул министерлъиялъ хъвахъе, жиндирго гьукъиял Евроцолъиялъ лъазарун рукIана Киевалъул Майданалда Виктор Януковичил хIукуматалде данде акцияби тIоритIулеб мехалда.

Евроцолъиялъул вакилзабаз Россиялъул къватIисел ишазул идараялъул комментариязе гьанже жаваб кьун гьечIо.