Британиялъул премьерас НАТО ахIулеб буго къуват цIикIкIинабиялде

Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница рикIкIунеб буго, Москваялъул рахъалдаса бугеб потенциалияб хIинкъиялде балагьун, НАТОялъул гIахьалал улкаби эффективияб къагIидаялда цIуниялъул мурадалда Шималияб Атлантикаялъул альянсалъ Россиялъулгун гьоркьорлъаби хисизаризе кколин. Гьединаб пикру гьес загьир гьабуна рузман къоялда.

Москваялда НАТО данде чIараб рахъ хIисабалда бихьулеб букIиналда бан, Россиялъулгун халатал заманалъулал гьоркьорлъаби гIуцIиялдаса инкар гьабиялъул цебелъей загьир гьабизе ракIалда буго Британиялъул премьер-министрасда сентябралда Уэльсалда тIобитIизесеб НАТОялъул саммиталда.

Кэмероница рахъ кколеб буго рагъулал ругьунлъиязул цIиял планал гIуцIиялъул ва НАТОялъул хехаб асаралъул къуватазул къадар 25 азарго чисде бахинабиялъул.

Британиялъул парламенталъул гIахалчагIаз 3I июлалда бахъараб докладалда НАТО какулеб буго Россиялъул рахъалдаса бугеб хIакъаб хIинкъи «гIадахъ босунгутIиялъе гIоло». Докладалда абулеб буго, Россиялъул рахъалдаса бугеб хIинкъиялда цебе букIине кколеб къагIидаялда цIуни гьечIеллъун хутIулел ругин Латвия, Литва ва Эстонияйин.