Газа секторалда кьабиял щвезарулел руго Израилалъ

Шамат къоялъ радал Израилалъул авиациялъ кьаби щвезабуна Газа секторалъул жанубияб рахъалда бугеб Рафах шагьаралда. Цадахъго Израилалъул рагъул къуватаз халат бахъинабуна ХIАМАСалъ асир гьавурав лейтенант Хадара Голдин валагьи.

Палестинаялъул галаби Израилалда рикIкIунеб буго I августалда лъазабураб 72 сагIаталъулаб рекъел ургъунго хвезабиялъул мурадалда гьарураллъун. Лейтенант ккунин, халкъазда гьоркьосел гьоркьохъанлъабазул тIалабалда рекъон, рекъел лъазабун сагIат гIанаб заманалдасайин, лъазабулеб буго Израилалъул рагъулазул бутIруз.

Гьединал лъазабиял нахъ чIвана жакъа ХIАМАСалъул нухмалъиялъ. Палестинияз абулеб буго жидерго къокъаялъулгун бухьен биханин гIицIго израилалъул рагъулав тагIараб мехалдагойин. Гьез рикIкIунеб буго, палестиниялги израилалъул рагъулавги цого заманалда хун ратизе ругин.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца ва Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница конфликталъул рахъаздаса тIалаб гьабуна, нахъ тIамичIого ва шартIал лъечIого кьвагьдей чIезабиялде.

Рафахалда шамат къоялда щвезабураб кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго 35 палестинияв. Конфликталъул лъабабго анкьида жаниб ахирисезул хун вуго 1500 гIанав чи. Израилалъул - 61 рагъулав ва лъабго гражданияв.