Арсений Яценюк хутIулев вуго Украиналъул премьер-министрлъун

Украиналъул ТIадегIанаб Рада разилъичIого Арсений Яценюк премьер-министрасул хъулухъалдаса нахъе виччазе. Лъазабиязда рекъон, гьев хъулухъалдаса нахъе иналъухъ I6 депутатас гурони гьаракь кьун гьечIо хамис къоялда тIобитIараб Украиналъул парламенталъул хасаб данделъиялда. Коалиция биххиялда ва хIукуматалъул инициативазе нух къалеб букIиналда бан Яценюкица 24 июлалда гIарза кьун букIана премьерасул посталдаса нахъе иналъул.

Хамис къоялдаго ТIадегIанаб Радаялъ хисизабиял гьаруна пачалихъияб бюджеталда ва Магъалабазул кодексалда. Гьелда хурхъун Депутат Леонид Емецица Facebook-алда хъвана: «Къанунал къабул гьаруна, Армиялъе гIарац щвезе буго» абун.

Гьелда цебе президент Петр Порошенкоца хIукумат ва парламент ахIун букIана ультиматумазул мацIалдаса инкар гьабун, армиялъе гIарац биччаялъе ва энергетикияб секторалда реформаби гьариялъе къваригIунел къанунал къабул гьариялде.