ЕСПЧялъ хIукму къотIана ЮКОС компаниялъул экс-акционеразул гIарзаялда хурхун

ЮКОС компаниялъул рукIарал акционеразул гIарза гьоркьоб лъун хадуб, Инсанасул ихтиярал цIуниялъул Европаялъул диваналъ хIукму къотIун, Россиялъул пачалихъалда тIадаблъун бихьизабуна компенсация хIисабалда гьезие кIиго миллиард гIанаб евро кьей. Документ бахъун буго диваналъул официалияб сайталда.

Экс-акционераз тIалаб гьабулеб букIана 98 миллиард евро. Рахъазул рес буго лъабго моцIида жаниб жал рази гьечIеблъиялъул гIарза Инсанасул ихтиярал цIуниялъул Европаялъул диваналъул КIудияб Палатаялде кьезе.

28 июлалда ЮКОСалда хурхараб жиндирго хIукму бахъана Гаагаялъул халкъазда гьоркьосеб гьоркьохъанлъиялъул диваналъги. Гьелда рекъон, Россиялъул пачалихъалъ рукIарал акционеразе кьезе кколеб буго компенсация хIисабалда 50 миллиард доллар.