МухIамадил васищ – Магомедовичищ?

Фамилиял хисиялъул процесс Тажикистаналда байбихьана 2007 соналда президент ЭмомгIоли РахIмоновас жиндирго цIар миллияб къагIидаялда хъвазе байбихьун хадуб.

ГIага-шагарго 20 000 тажикас жидерго гIурус къагIидаялъул фамилиял хисана исана сон байбихьаралдаса. Гьадин лъазабуна журналистазде арбагI къоялъ Душанбеялда тIобитIараб данделъиялда Тажикистаналъул юстициялъул министрас.

Советияб заманалда гIадамазул цIарал гурелги, республикабазул, шагьаразул, росабазул ва цогидал бакIазул цIарал гIурус къагIидаялъ хIалтIизарулел рукIана тIадтараз ва гьеб къагIидаялъе кьун букIана официалияб статус.

Душанбеялда букIараб пресс-конференциялда мухбирзабазул суалазе жавабал кьолаго Тажикистаналъул юстициялъул министр РустIам Шагьмуродица абуна, жинда мухIканго абизе кIоларин хасго чанали пачалихъияв хъулухъчи жиндирго фамилия хисараб миллияб къагIидаялъ.

Гьеб проблемаялда сверухъ бахIсал байбихьана исана соналъул авалалда хIукуматалъул «ЖумхIурият» абулеб газетаялда цо макъала къватIибе бахъун хадусала.

Гьелъул автор – республикаялъул генералияв прокурор Шерхон Салимзодаца какулаан жидерго фамилияби гIурус къагIидаялъ нахъеги хъвазе байбихьарал тажикал.

ГIурус къагIидаялде тIад руссунел руго Москваялде хIалтIизе унел мигрантаз Россиялда рукIине бегьулел проблемаби цереккунго нахъ чIвай мурадалда.

Фамилиял хисиялъул процесс Тажикистаналда байбихьана 2007 соналда президент ЭмомгIоли РахIмоновас жиндирго цIар миллияб къагIидаялда хъвазе байбихьун хадуб.

Гьанже гьесул тIубараб цIар ккола ЭмомгIоли РахIмон. Гьесул мисал гIадах босун букIана аза-азар тажикас. Амма Россиялде ун, гьез басрияб, советияб къагIида билълълъанхъизабулаан.

Тажикистаналъул генералияв прокурорас гьелда бан абуна, гьеб бугин гIун бачIунеб гIелалъул ва гIолохъаназул миллияб ва патриотизмалъул бербалагьиялъул тIуцаб даражаялъе далил.

Тажикистаналъул хIукуматалда цебе бугеб мацIалъул ва терминологиялъул комитеталъул бетIер Гаухар Шарофзодаца абуна гIурус суффиксазукьа рорчIи – гьеб бугин щивасул миллияб борчилан.

Советияб заманалда гIадамазул гурелги, республикабазул, шагьаразул, росабазул ва цогидал бакIазул цIарал гIурус къагIидаялъ хIалтIизарулел рукIана тIадтараз ва гьеб къагIидаялъе кьун букIана официалияб статус.

Аслияб къагIидаялда цIарал хисун рукIана бусурбабазул регионазда. Гьелдаса нахъе мисалалъе пуланав МухIамадил вас вахъана Магомедовичлъун, Генуб росо ккана Гимрылъун. Гьадинал мисалазул сияхI халатаб буго...

Гуржистаналда, Армениялда, Молдовоялда Балтиялъул улкабаздайин абуни – хIукумталъ гьел хисичIого тана.

Щайдай гьикъани, ракIалде щвезабизе бегьула гьел рехсарал республикабазул тIадегIанаб даражаялъул статус букIараблъи.

Советияб Конституциялъ гьел республикабазе ихтияр кьолеб букIана хIатта Совет Союзалъукьа борчIун жибго жиндаго чIараб улкалъул букIине.

Амма гьадинабго ихтияр бугел Централияб Азиялъул республикабазда гIумру гьабулел гIадамазул цIарал щайха хисаралин абураб суалалъе тIокIаб жаваб батулеб гьечIо – гьел гIадамал бусурбаби ругелъул абун гурони Татарстаналъул ва Шималияб Кавказалъул гIадамалго гIадин.

Амма Шималияб Кавказалда советияб заманалдаса байбихьун гьанжелъагIан ратула гIадамал жидерго миллиял цIарал цIунун тарал. Гьездаса цояв –Гъабардагун-Балкариялъул жамгIияв хIаракатчи ва тарихчи Азамат Шаов. Гьес гьадинаб баян гьабулеб буго нижер программаялъе:

Азамат Шаов: «Гьадинабго ищ Шималияб Кавказалда гьабизе рес бугищ? Миллияб къагIидаялде тIад руссине бегьулищилан абураб суал цIакъ захIматаб суал ккола.

ТIад балагьани – Россиялъул къануналъ гьадинаб ихтияр кьола щивав гражданинасе. Щиаб цIар тIаса бищизе бегьулин абулеб буго.

Амма къасд гьабуни – хъващтIан батила политикияб гIилла. Цо-кIиго чи хисани – дагIба букIине гьечIо. Улкаялъе гьелдалъун заралги букIине гьечIо. Амма тIолго халкъалъ гIаммал гьабулебани, пачалихъалъ квал-квал гьабилаан, кьварараб къагIидаялда данде чIун.

ТIадтараз гьеб рикIкIине буго миллиял церехъабаз пачалихъияб хиса-свериялде гьабулеб хIадурлъилъун. Гьалеха гьеб сабаблъун дида ккола гьадинаб изну хIукуматалъ нижее кьезе гьечIин».