Россиялъ Магъриб какулеб буго гьелъул санкциязе гIоло

Россиялъ какана Магърибалъ Украиналда загьирлъулеб кризисалда хурхун Москваялде данде гьарулел санкцияби. Гьезул ахирисел Евроцолъиялъ ва Цолъарал Штатаз лъазаруна 29 июлалда.

Евроцолъиялда Россиялъул вакил Владимир Чижовас арбагI къоялда лъазабуна санкцияз кумек гьабуларин Украиналъул кризис рагIалде бахъинабизеян. Россиялъул Централияб банкалъ лъазабуна, жидеде данде санкцияби лъазарурал финансазул институтазе жинца кумек гьабизе бугин.

Россиялъул ВТБялъ гьел санкцияби лъазаруна политикияб кьучI жинда гъоркь ругеллъун ва ритIукъаллъун, жиб хIадураб бугин Евроцолъи ва Цолъарал Штатал тун къватIиб гьоркьорлъаби гIуцIизеян.

Россиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, санкцияз дагьалъги хIалуцинаризе ругин Россиялъулгун Цолъарал Штатазул гьоркьорлъабиян.