Палестиналъул радикалияб ХIАМАС къукъаялъ лъазабулеб буго жал хIадурал ругин Израилгун 24 сагIаталъул рекъел гьабизейин. Гьеб лъазаби гьабиялде дагьалъ цебе Израилалъ цIидасан байбихьун букIана палестиниязде данде рагъулаб операция.
Гьелдаса цебе абуни Израилалъ загьир гьабун букIана сордо-къоялъ рекъел гьабизе бугеб хIадурлъиялъул, амма гьатIан къоялъул радал палестинияз байбихьун буго кьвагьизе, гьелдаса хадуб Израилалъул армиялъги цIигьарун руго рагъулал ишал.
Гьедин хвезабун букIана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул хIаракаталда гьабун букIараб «гуманитарияб рекъел». Гьеб къваригIун букIана рагъазда зарал ккаразе эвакуация гьабиялъеги гьенир ругел гIадамал хIажаталдалъун хьеразиялъеги.
Израилалъул армиялъ Газаялде кьвагьулеб букIана гьаваялдасанги, ралъдалъанги, гьединго цIигьабун букIана ракьалдасан операцияги.
Израилалъулазда ва палестиниязда гьоркьоб рагъ унеб 19 къоялда жаниб чIван вуго азаргоялдаса цIикIкIун палестинияв. Гьелги аслияб куцалда гIадатиял гIадамал. Израилалъул чIван вуго 43 солдатги лъабго гIадатияв чиги. Гьедин лъазабулеб буго ХIАМАСалъ.