Америкаялъе Россиялъул жаваб

Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялъ жиндирго сайталда кьун буго ХъахIаб Рукъалъул пресс-секретарь Джош Эрнстил лъазабиялъе жиндирго комментарий. Гьелда гьез кьварун какулеб буго Вашингтоналъул позиция.

Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялъ рикIкIунеб буго Америкаялъул нухмалъиялъ тIобитIулеб бугин «Россиялда багьтанал лъеялъул рахъалъ свак лъалареб кампанияйин».

Россиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъ рикIкIунеб буго Вашингтоналъе къваригIун гьечIин цоги рахъалъул аргументал рагIизецин ва жидерго ишазулъ гьелъ мугIчIвай гьабулеб бугин «интернеталдаса ракIарарал Россиялде данде ругел гIахьучIаздасайин».

Комментариязда абулеб буго президент Барак Обамал администрациялда бугин Украиналда бугеб конфликталъул ва гьелъул «захIматал хIасилазул» жавабчилъиялъул бутIайинги.

Гьелдаса цебе ХъахIаб Рухъалъул пресс-секретарь Джош Эрнестица лъазабун букIана Украиналда тIад Малайзиялъул лайнер Россиялъул рахъккурал сепаратистал ругеб территориялдасан ракета биччан кьвагьизабун букIанин.

Гьелда бан, Вашингтоналъ президент Владимир Путинида гьабулеб букIана лайнералъе катастрофа ккеялъул гIайиб.

Гьелда тIад вукIана 298 чи. Reuters агентлъиялъ кIвар буссинабулеб буго Украиналда кризис ккаралдаса ХъахIаб Рукъалъ Кремлалъул рахъалъ жеги цониги нухалда гьедигIан кьварараб лъазаби гьабун букIинчIолъиялде.