Афгъанистаналда чIван вуго 15 гIадатияв чи

Афгъанистаналда чIван вуго гIадатияв 15 чи, цоясда бажарун буго лъутизе.

БакIалъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго хамиз къоялъул сардилъ Гор провинциялда щалали лъаларел гIадамаз чIезабун бугин кIиго микроавтобус, гьезда рукIарал гIадамал къватIиреги рахъинарун иргаде чIван ругин. Гьел киналго рукIун руго шигIитал-хазареял.

Гьеб тIадекIанцIиялъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул баяназда рекъон, Афгъанистаналда исана 6 моцIада жанив чIван яги лъукъун вуго 4 853 гIадатияв чи. Гьеб тарих цебесеб соналде дандеккун 24 проценталъ цIикIкIун буго.