Израилалъ кьвагьун буго Газаялъул школалде

Палестиналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго Израилалъул танкабаз 24 июлалда кьаби щвезабун бугин Газаялда бугеб Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул школалдайин. Гьенив чIван вуго анкьго ва лъукъун вуго, гьез абухъе, «гIемерав» чи.

Газаялъул сахлъицIуниялъул аслияб идараялъул вакил Ашраф аль-Кидраца абулеб буго гьеб школалда рагъаздаса вахчун вукIанин нус-нус чи. Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул цIар рехсечIев чияс AFP агентлъиялъе лъазабун буго гьенив «чанго чи чIван ва чангояв лъукъун вугин».

Газа секторалда июлалъул авалалда Израилалъ авиакьабиял щвезаризе байбихьаралдаса нахъе гьенив хун вуго 720 палестинияв ва 34 жугьутIав.