Украиналъул армиялъ контроль чIезабун буго Северодонецк ва Лисичанск шагьаразда тIад. Гьедин лъазабуна улкаялъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас. «Луганскалъул халкъияб республикайин» жидедаго абулезул вакилзабазги уяблъун гьабулеб буго гьел бакIаздаса сепаратистал нахъе ун рукIин.
Украина цIуниялъул ва миллияб хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца нахъчIвалеб буго цебесеб сордоялъ Лисичанскаялда армиялъ фофсворалъул бомбаби хIалтIизарунин абураб информация. Гьедин лъазабулеб букIана цебе сепаратистазул командиразул цояс. Лысенкол рагIабазда рекъон, Украиналъул армиялдаго гьечIо фосфоралъул бомбаби.
Гьединго лъазабулеб буго украиналъул армиялъ Донецк мухъалда бугеб Дзержинск шагьаралда тIадги контроль чIезабун букIин.