«Президентасе бокьа-бокьараб гурони бицунеб гьечIони»

Гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулес хисана МугIрузул мухъалда тарав жиндирго вакил. Ибрагьим Ибрагьимовги цойги хъулухъалде вачун, гьесул бакIалде тIамуна МухIамадхIажи ЗайнулгIабидов.

МугIрузул мухъалда республикаялъул нухмалъулес тарав вакил Ибрагьимов щай гьеб хъулухъалдаса нахъе вахъаравали баян гьабулеб гьечIо тIалъиялъ. Гьединго бичIчIулеб гьечIо гьеб хIукмуялдалъун Ибрагьимов гIодовегIанищ, яги тIадегIанищ гьавулев вугевалиги.

Щайин абуни бицен гьабулеб хъулухъалдасаги вахъун гьев республикаялъул нухмалъулесулгун хIукуматалъул Администрациялде вачун вугелъул.

ПалхIасил, МугIрузул мухъалда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас тIамурав вакил хисидал, къваригIунго ругищ республикаялъул ункъабго мухъалда яги гьечIелищин абураб суал баккана нахъойги республикаялда гIадамазда гьоркьоб.

ГьабсагIаталда жеги цудунго бугин гьезул хIалтIуе къимат кьезейин абулеб буго цояз. Цогидаз рикIкIунеб буго гьел вакилзабазда бараб жо дагьаб бугин, гьез хисизабулеб жоги букIунарилан. Масала, ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабуна Хунзахъ мухъалъул МочIохъ росулъа мугIалим Халилбегов МухIамадхIабибица.

Цин бугони, рази гьечIо гьеб хъулухъ ургъун букIиналдаса, кIиабизе бугони, гьесда бичIчIулеб гьечIо МугIрузул мухъалда тарав республикаялъул нухмалъулесул вакиласул хIалтIулеб бакI Шамилхъалаялда щай букIине кколеб, Хунзахъ букIинчIогояли.

Щайин абуни Хунзахъ чIезавизе вугин гьевилан живго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги абун букIиндалила. Къойилго гIадин низам цIунулез аскIоса гIебеде хасал операциял тIоритIулеб Шамилхъалаялде щвезегIан иналдасаги, жидер мухъалде рачIине бигьа букIунин мугIрузул мухъазда ругел Шамил, Хьаргаби, Болъихъ, Гумбет, ЦIунтIа, ЦIумада, ГIахьвахъ мухъаздаса гIадамазеян рикIкIунеб буго Халилбегов МухIамадхIабибица.

Халилбегов МухIамадхIабиб: «ТIири пайда гьечIел чагIи руго, харжал росулел рукIин гурони. Гьезда тIад гьарулел харжал мугIалимзабазда тIад гьарулел рукIаралани…

Масала, риидалил хIухьбахъиялде ана нижер мугIалимзаби, мухьги щвечIого (28 чиясда гьоркьоса 8-9 чиясе гурони щвечIо). Щибниги букIунаро гьадал вакилзабазда бараб жо.

Президентасул руго 16-17 ниги гIакълучи. Гьел рачIунеланиха зама-заманалдасан халкъалда гьоркьоре, къваригIара-тараб жо цIехезе. Президентас тарал вакилзаби халкъалда гьоркьоре рахъунел гьечIо, росабалъе гьел щолел гьечIо.

Шамилхъалаялде щвезегIан аха гьанже гIадамал гьезухъе жидерго унти бицине… ЧIалгIаде тарал чагIиги руго гьел, чIалгIаде кьолеб гIарацги буго.

Гьединлъидал гьел течIого, гьезул бакIалда халкъалда гьоркьоре рахъунел, халкъалъул суалал тIуралел, кIудиял жамагIатал ругелъуреги щун, гIолел-гIоларел рахъалги лъазарулел, моцIида жанир цо нухалъгIаги росабалъе щолел чагIи щай толарел?

Гьелгуниял жал гьаризейилан тун ругоанха гьел вакилзабиги, амма гьабулеб гьечIоха. Масала, ина дун гъове, Шамилхъалаялде, нижер мугIалимзабазе гIарац щолеб гьечIилан бицине. Хисиладай щибниги? Дун божулароха хисилин абураб жоялда».

Исана ихдал Унсоколо мухъалда тIобитIулеб митингалде щун вукIана МугIрузул мухъалда республикаялъул нухмалъулесул вукIарав вакил Ибрагьим Ибрагьимов.

ГIадамаз тIалаб гьабулеб букIана хIукуматалъ лъел электростанция балаго, лъеда гъоркье арал жидер ракьазухъ рецIалил гIарац. Амма Ибрагьимовас жидее кумек гьабичIин абулеб буго митингалда гIахьаллъарав Тимурица.

Тимур: «ТIадбалагьун гьадинго, ххвалиего гIадин, витIун вачIарав чи вукIин бихьулеб букIана гьев. Гьединлъидал нижее Ибрагьимовасда щибгIаги кумекги щвечIо».

Тимурил ракьцояв ГIалихIажиев МухIамадил пикруялда рекъон, Дагъистаналъул нухмалъулес кIудиял хъулухъазда тарал чагIаз (жалго гьесда берцин рихьизе къваригIун) бицунеб буго гIицIго гьев нухмалъулесе рагIизе бокьараб жо.

ГIалихIажиев МухIамад: «БукIине кколеб куцалда гьел хIалтIулел ругони, узухъда, хIасил букIина».

ХIукуматалъ лъел электростанция балаго, лъеда гъоркье арал жидер ракьазухъ рецIалил гIарац щвезе кумек гьабеян гьарун Унсоколо мухъалъул гIадамал гьал къоязда Ибрагьимовасул бакIалде тIамурав ЗайнулгIабидовасухъеги ун руго.

ГIалихIажиев МухIамад: «ЗайнулгIабидовас абуна жив президентасдаги кIалъалин, кумекги гьабилин. Киназулго рас бахъун чIолеб буго гъоб нижее кьезе кколеб рецIалил къадар бихьарабго. Гьеб дагьабищ бугеб, гIемерищ бугебали гъорлъе раккун лъазабизе ккеларищ цин.

Дагъистаналъеги президентасеги лъикIлъи бокьарал чагIи ратани… ЗайнулгIабидов кIудияв чи вуго. Жиндасаго хадуб лъикIаб лъалкI хутIизе гьесие къваригIун батани, нижееги цогидазеги кумек гьабизе хIаракат бахъизе ккола гьес. Амма президентасе бокьа-бокьараб гурони бицунеб гьечIони, узухъда, зарал букIине буго гъол вакилзабаздаса».

Дагъистан ункъго мухъалдеги бикьун, гьелъул щибалда вакилзаби тана чанго моцIалъ цере. Гьелдалъун Рамазан ГIабдулатIиповасе къваригIун буго щибаб мухъалда бугеб унго-унгояб ахIвал-хIал бугеб куцалда жиндихъе щвезаби. БакIалъул нухмалъулездаги божичIого тарал чагIи руго гьес республикаялда ункъавго вакил.