ООН: ГIиракъалда рагъулал такъсирал гьарулел руго

ГIиракъалда ругел яргъид гIуцIарал бусурбабаз инсанасул ихтиярал хъачIго хвезарулел ругин, ва гьел хIужаби рагъулал такъсиразда релъарал руго, ян лъазабулеб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб инсанасул ихтияразул суалазул рахъалъан идараялъ хIадур гьабураб докладалда.

Гьелда абун буго «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб багъа-бачариялъул рагъухъабаз гьарурал ишазда гъорлъ ругин изну гьечIого гIадамал чIваялъул, хIал гьабиялъул, талаваурлъиялъул, гIадамал рикъиялъул ва цогидал вахIшиял ишал.

Гьезул хIасилалда июнь моцIалда ГIиракъалда чIван вуго кIиазаралда ункънусгогIан чи. Гьезул бащдаб къадар ккола – ракълилал гIадамал.

Шамат къоялъ ГIиракъалъул тахшагьаралда шиитаз гIумру гьабулел авалазда бахъараб цо чанго кьвагьиялъул хIасилалда 15 чи чIван вуго. Гьебго къоялъ цогидаб бакIалда живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас кьвагьулеб алаи хIалтIизабун анкьгогIан чи чIвана.