Яргъид гIуцIарал сепаратистаз халкъаздагьоркьосел экспертазе изну кьуна хамиз къоялъ Малайзиялъул «Боинг-777» боржаро бортараб территориялде рачIине гьениб цIех-рех гьабизелъун.
Гьеб боржароялде рекIун вукIана 298 пассажир. Сепаратистазул къукъаялъул бетIерас Европаялда ХIинкъи ГьечIолъи цIунулеб ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул вакилзабазе лъазабуна жидеца жаназабазда хъинтIун рукIинчIин ва хасаб-хъвай-хъвагIай гьабулел алатал ратичIин.
Шамат къоялъ Украиналъул тIадтараз сепаратистазде гIунтIизабуна далилал тIагIинаризе къасд гьабиялъул гIайиб. Украиналде сапар бухьулеб буго Интерполалъул ва Европолалъул цIех-рехчагIазги.