«Рифма цIунулаго магIнаги хвезабун хъвалеб жо букIунаро гимн»

Дагъистаналъул гимналъул суалгун гьоркьоб "Черновик" газетаялъул редакциялда букIараб данделъиялда бахъараб сурат.

Дагьаб цебегIан Рамазан ГIабдулатIиповас Дагъистаналъул гимн хисизе кколин лъазабуралдаса нахъе, республикаялда гьеб суалалда тIасан бахIсалги тIадкIалъаялги лъугIулел гьечIо. Гьелда хурун талат къоялъ «Черновик» газеталъ Дагъистаналъул гимналъул, гербалъул ва байрахъалъул хIакъалъулъ бицине, кколищ гьел хисизаризе яги кколарищали дандбазе ракIарун рукIана журналистал, музыкантал, кочIохъаби, художникал ва жамгIиял хIаракатчагIи.

Ахираб моцIица гьоркьоса къотIулеб гьечIеб Дагъистаналъул гимналда тIасан бугеб бахIс цониги мухъде бачине, гьеб суал роцIцIинабизелъун ракIарун ругин гьаб данделъиялдейилан лъазабуна 15 июлалда «Черновик» газеталъул редакциялда букIараб данделъи гIуцIараз.

Гьенире ракIарун рукIана композиторал, музыкантал, кочIохъаби, журналисталгун художникал ва жамгIиял хIаракатчагIи.

Данделъиялъул байбихьуда гьениб бихьизабуна гьал къояз букIараб футболалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда бразилиялъул команда хIалалда цебе гьез жидерго пачалихъалъул гимн ахIулеб букIараб куц.

ЦохIо футболистаз гуребги тIолабго стадионалъ тIадеги рахъун ахIулеб букIана гьеб. Гьел бразилиялъулазе гIадин нилъер гIадамазеги республикаялъул гимн бокьизеги, гьезда гьеб лъазеги ккани щибин гьабизе кколебин абураб суал борхана бищун цебе гьеб горсверуда.

Гьеб суалалъе цо кIалдисан гIадин жавабги кьун экспртаз абуна бищун цебе лъикIал, ракIалда чIчIолел, магIна бугел рагIаби рукIине кколин гимналъулилан. Гьаб сагIат Дагъистаналъул бугеб гимналъул рагIаби гьечIо, I994 соналдаса нахъе рагIабиги гьечIого Ширвани Чалаевасул бакъан букIана Дагъистаналъул гимнлъун.

Официалияб къагIидаялъ гимнлъун тадсикъ гьаричIел Расул ХIамзатовас хъварал Марина АхIамадовалъ гIурусалде руссинарурал кочIол рагIабазда тIасан кIалъай гьабулаго гьенире ракIараралщиназ абуна гьел магIна гьечIел, пикру гьечIел рагIаби ругила, гьел гьединал ругин ккеялъе гIайибги гIурусалде буссинабурай чIужуялда бараб бугилан.

Гьел рагIаби чаналиго соналъ гимнлъун тезе ругинги абун гьелъие хIадурун рукIун руго, гьезда рекъон хъван буго Чалаевас бакъанги, амма бакъан тадсикъ гьабун, рагIаби гьаричIого гьединго хутIун руго гьел.

Россиялъул мустахIикъай артистка Фаина Графченкоца гьел рагIаби какун ганчIида гамачI течIин абизе бегьула.

Фаина Графченко: «Гьаб жо поэзия гуро, гьаб гимналъул бицунаго дида абизе кIола гьал рагIаби киданиги гимнлъун тезе бегьуларилан. Гьалъулъ магIна гьечIо, авторалъ гьаниб жиндирго квер цIакъго тIад билълъинабун буго.

Фаина Графченко

Расулица киданиги гьадинал магIна гьечIел тIадагьал рагIаби хъваларо, гьеб дида мухIканго лъала.

Гьесул гурел батIиял рагIаби Дагъистаналъул гимнлъунги рукIине бегьуларо, гьесулъе вахунев поэт нилъер гьанив вижичIо. Амма гьаб къагIидаялъ руссинарурал бода сурарал рагIаби Расулил цIарги гъоркь хъван гимнлъун рукIине дие бокьиларо.

Ахмедова батIаго тIубан тату хварай гIаданги йигин абиларо дица, амма гьаб кечI гьелъ цIакъ хашго буссинабун буго. Гьелда кIун гьечIо Расулица магIарул мацIалда хъвараб кочIол гъварилъиги, берцинлъиги, бегIерлъиги загьир гьабизе.

Бажарулареб мехалда гьабичIого тезе ккола, лъималазул утренникалдаги цохIо нухги ахIун лъугIулеб жо гурелъул букIунеб гимн. Гьеб буго нилъер гьумер, гьелъ чанги лъикIаб жо малъизе ккола нилъер гIун бачIунеб гIелалда.

Гьелъ ВатIан бокьизеги, халкъ бокьизеги, гьел цIунизеги малъизе ккола. Гьал рагIабиги рагIун гьазул магIна босизе лъугьани, гIадамал релъула нилъеда тIад.

Рифма цIунулаго магIна хвезабун данде кколаро. Гимналда хурхараб хIалтIи гьеб кутакалда жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи буго.

Гьеб рекерун ун гьабулеб жоги букIунаро, гьединлъидал дир пикруялда рекъон цин гьаб сагIат Расулил гьел рагIаби цIидасан гIурусалде руссинариялъул конкурс лъазабизе ккола».

Гимналъул бакъаналъул рахъккун кIалъана киналниги гьеб дандеруссиналде рачIун рукIанщинал. 1994 соналда гимналъе бакъан бищулеб комиссиялда гъорлъ йикIарай пианистка ГIабдуллаева Зарифаца киназего загьир гьабуна гьеб гимн щалали лъаларел чIагIаз цебекковухъе тIаса бищараб жо бугин аби кутакалда мекъи бугилан.

Гьеб бищулеб комиссиялда гъолъ республикаялъул лъикIалдаса лъикIал искусствоялъул гIадамал рукIанила киналгIаги.

Гьез 4 батIияб бакъаналда гьоркьоса бищун букIанила гьеб Чалаевасул гимнги, цойгидал бакъналги лъикIал рукIанила, амма гьесулаб бищунго лъикIаблъун цIубараблъун рикIкIанила комиссиялъ.

Гьанжеги жиндица гьеб гимн хиси такъсирияб иш бугин рикIкIунила, гьелъулъ ругила киналгIаги Дагъистаналъе хасиятал рахъал, гьелъулъ рессун ругила нилъер мугIрулги, цIумалги, гIадамалги, гьезул рекIел бухIиги, халкъиял макъналгийилан.

Гьединго Зарифаца абуна гимн цо чанго чиясе бокьичIогойин абун хисулеб жо букIунарила, халкъалда дандбанги къабул гьабуларила гьеб. Гьеб иш тIаде босизе кколила искусствоялда гъорлъ ругел, гьеб бичIчIулел, лъалел махщелчагIаз.

Экспертаз гьединго борхана гимн халкъалда гьоркьоб тIибитIизабиялъул суалги. Гьезул пикруялда лъималазул ахикьа бахъараб, школаздаги, щибаб идарабаздаги, данделъабаздаги, тадбираздаги киса-кибего биччазе кколеб буго гьеб.

ЦохIо спортивиял тадбираздаги, хIукуматалъул данделъабаздаги биччан халкъалда гьеб гимналъул бакъан лъалебцин гьечIин абуна гьеб данделъиялъул гIахьалчагIаз.