М.ГIаббасица палестиниязе кумек гьарулеб буго

Палестиналъул бетIер МахIмуд ГIаббасица Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялдехун вуссун, ахIи бана палестиниял халкъаздагьоркьосеб даражаялда цIунизе кумек гьабеян абун.

Загьирабураб лъазабиялда абулеб буго ГIизраилалъ халат бахъунеб гьавадул гьужумалъул хIасилалда гьениб бугеб ахIвал-хIал хIехьезе тIокIаб рес гьечин.

Гьавадул кьабиязул хIасилалда ахирисел къояз гьенив чIван вугин 160-гIанасев чи.

Аслияб къагIидаялда ракълилал гIадамал. АзаргогIан чи лъукъунги вуго.