ГIиракъалъул парламенталъ 15 июлалде бахъун жиндирго данделъи

ГIиракъалъул парламенталъ 15 июлалде бахъун буго гьатIан къоялде бихьизабун букIараб данделъи. Гьеб тIобитIун буго, амма бащдаб сагIаталъ. Къанунал рахъулезда бажарун гьечIо улкаялъул парламенталъул спикерасул, премьер-министрасул ва президнетасул хъулухъазде кандидатазда хурхун цо пикруялде рачIине.

Дагьалъ цебе бищараб ГIиракъалъул парламенталда цебе буго кIвар кIудияб масъала – кIварабгIан хех гьел хъулухъазде гIадамал тIамиялъул суал рагIалде бахъинаби. ГIиракъалъул гражданазда бихьухъе, гьеб кколеб буго улкаялъул шималияб ва магърибалъул рахъалда кIудиял территорияби жидерго контролалде гъоркье росарал радикалиял суннитазул къуватазул гьужум чIезабизе бажарулеб хIукумат гIуцIиялъе рес кьолеб кIвар кIудияб гали.

30 апрелалда ГIиракъалда тIоритIарал парламенталъул рищиязда бергьун буго премьер-министр Нури-аль-Маликица нухмалъулеб шиитазул коалиция. 2006 соналдаса хIукуматалъул нухмалъуда вугев аль-Малики ахIулев вуго хъулухъалдаса нахъе лъугьиналде.

Ахирисеб заманалда ГIиракъалда «Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял суннитазул гIуцIиялъул жигарлъиялъ улкаялда хIалуцин бахинабун буго максималияб даражаялде.