Ураиналъ Россиялъухъе кьуна протесталъул нота

Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ протесталъул нота битIана Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялде. Гьелда загьир гьабулеб буго Россиялъ Украиналъулгун гIорхъода гьарулел провокациязде протест ва тIалаб гьабулеб буго яргъид гIуцIарал сепаратистазе квербакъи гьабиялдаса инкар гьаби.

Украиналъул министерлъиялъул официалияб сайталда бахъараб документалда лъазабулеб буго, «Россиялъул гIорхъаби цIунулеб хъулухъалъ щибниги гьабулеб гьечIин яргъид гIуцIарал гIадамаз ва рагъулаб техникаялъ гIорхъаби цIуниялъул режим хвезабулеб букIиналда банин».