Афгъанистаналда шамат къоялда гьарурал кьвагьиязул хIасилалда хун вуго 10 чи. Микьго чи хун вуго Кандагар провинциялда машина минаялде тIаде ккун кьвагьиялъул хIасилалда.
Гьединабго кьвагьи кьун кIиго чи хун вуго Нангаргьар провинциялдаги.
Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIисабалда рекъон, Афгъанистаналда зулмуялъул актазул хIасилалда холел гаржданиял гIадамазул къадар цIикIкIунеб буго.