Жидецаго жалго лъазарурал Донецкалъул ва Луганскалъул халкъиял республикабазул нухмалъулел Евроцолъиялъ росун руго жидеде данде санкцияби гьарулезул сияхIалде. Гьединав II чиясда гъорлъ вуго гьединго ДНРалъул премьер-министр Александр Бородай ва хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул бетIер Александр Ходаковский.
Жидеде данде санкцияби гьарулезул сияхI халалъизабулеб букIиналъул хIакъалъулъ Евроцоолъиялъул мажлисалъ лъазабуна II июлалда. Россиялъ Крымгун Севастополалъул аннексия гьабуралдаса санкциязул сияхIалдегъорлъе ккана кинавгIаги 72 чи.