Д. Керрица хIалбихьулеб буго Афгъанистаналъул политикияб кризисалъе ахир лъезе

Афгъанистаналда президентасул рищиязда бергьарав Ашраф Гъаница ахIана кьурал гьаркьазул мухIканаб къагIидаялда ххал гьабиялде улкаялда загьирлъулеб политикияб кризис рагIалде бахъинабиялъул мурадалда.

КIиабилеб туралда гIахьаллъарав ГIабдула ГIабдулаца къабул гьабулеб гьечIо рищиязул хIасилал, гьениб макру-хIилла гьабунинги рикIкIун.

Ашраф Гъаница жиндирго лъазаби гьабуна Афгъанистаналде рахъал рекъезериялъул мурадалда щварав Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керригун дандчIвалелда цебе.

Гъанил рагIабазда, бюллетанал цIидаса рикIкIиналъ бихьизабизе буго «Афгъанистаналъул халкъалъ гьабураб хIукму битIараб букIин».

14 июналда тIоритIарал рищиязул Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб рищиязул комиссиялъ цереккунисел хIасилал загьир гьарун хадуб, кIиявго кандидатас лъазабуна гьел рищиязда жив бергьанин. Гьелъ улкаялда политикияб хIалуцин бижинабуна ва цо-цо экспертазул къиматалда рекъон, улка бикьиялъул хIинкъицин баккана.