Украиналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго Донецк областалъул Северскалда рагъулаб операция халат бахъунеб букIиналъул хIакъалъулъ.
Гьеб операция тIобитIулел къуватазул пресс-секретарь Владислав Селезневас Facebook-алда хъвахъе, сепаратистаз толеб буго шагьар. Донецкалъул халкъазда гьоркьосеб аэропорталъул рахъалда унеб буго тунка-гIуси.
УНИАН агентлъиялъ лъазабулеб буго аэропорт бугин Украиналъул рагъулазул контролалда гъоркьин. Амма гьенибе унеб нухалда сепаратистаз лъун бугин чанго блок-постин.
Къоялъул байбихьуда лъазабулеб букIана, араб сордо-къоялда жанив хварав лъабго ва лъукъарав 27 рагъуласул хIакъалъулъ.
Украиналъул миллияб хIинкъигьечIолъиялъул ва улка цIуниялъул мажлисалъ лъазабуна, хамиз къоялда гIорхъаби цIунулез чIезабунин къуватияб операция унеб мухъалда Россиялъул анлъго тирелоялъ гIорхъи хвезабиялъул хIужжайин. Гьелда хурхун Россиялъул рахъалъ гьанжеги киналгIаги комментариял гьарун гьечIо.