Жидерго пилот эркен гьайи тIалаб гьабулеб буго Москваялдаса Киевалъ

Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул лъазабиялда рекъон, гIадамал чIваялъе квербакъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабун буго Украиналъул пилот Надежда Савченкое.

Гьеб идараялъул официалияв вакиль Владимир Маркинил рагIабазда, цIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго, гьелъул хурхен бугин Луганскалда аскIоб Россиялъул журналистал чIваялдейин. Гьесулго рагIабазда, Савченкоца Россиялъул гIорхъи бахун буго документалги гьечIого, лъутизе ккарал гIадамазда цадахъ.

Украиналъул генпрокурор Виталий Яремаца лъазабуна, Киевалъ бажарарбщинаб гьабизе бугин Савченко эркен гьайиялъе. Гьесулго рагIабазда, гьей асир гьаюн йиго Донбассалда сепаратистаз, хадуб кьун йиго Россиялъул рахъалде.

Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ загьир гьабуна Россиялъул рахъалде протест ва тIалаб гьабуна нахъ тIамичIого Украиналъул консул гьелъухъе щвезе рес кьей.