Афгъанистаналъул иргадулав президентлъун вахъине бегьула Ашраф Гьани

Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб рищиязул комиссиялъ лъазаруна I4 июналда тIобитIараб президентасул рищиязул кIиябилеб туралъул цереккунисел хIассилал.

Гьезда рекъон, улкаялъул президентлъун вахъиналъул шансал кIудиял руго Ашраф Гьанил. Гьесие щун буго гьаркьазул 57 гIанаб процент. Гьесда хадув унев вуго кандидат ГIабдула ГIабдула – 44 гIанаб процент.