Тбилисиялджа хвана 87 сон барав гуржиязул президенлъун вукIарав Эдуард Шеварднадзе. Гьединаб лъазаби тасдикъ гьабун буго россиялъул информалатазе политикасул хъизаналъ.
Эдуард Шеварднадзе кколаан Михаил Горбачевасул перестройкаялъулги халкъаздагьоркьосеб хIалуцин дагьлъизабиялъулги политикаялъул рахъ ккурал политиказул цояв. Гьев гьединго вукIана 1991 соналъул декабралда Беловежскаялъул къотIи-къаялъул ва Совет Союз биххизабиялъул рахъ ккурал лидеразул цояв.
Шеварднадзе бергьун вукIана I995 соналда гуржиялъ тIоритIарал президентасул рищиязда. 2000 соналда гьев гьеб хъулухъалде вищана цIидаса. 2003 соналда «Розабазул революция» унеб мехалда оппозиция рищиязул хIасилазда разилъичIолъиялъ, гьев нахъе лъугьине ккана хъулухъалдаса.