Дагъистаналъул кIочон тарал бахIарзал

ГIурус Пачаясул армиялъул полковник, Дунялалъул ТIоцебесеб рагъул гIахьалчи Кудали росулъа ЖахIпаров МухIамад 1937 соналъул 3 ноябрялда Сибиралъул лагералда речIчIун чIвана НКВД-ялъул къотIиялдалъун.  

Цо-цо баяназда рекъон ГIашилтIаса Малачиханов Абубакар гIумруялдаса ватIалъана 1919 соналъул март моцIалда Манчжуриялда большевиказулгун букIараб кьалда. Атаман Семеновасул амруялдалъун гьесие кьун букIана генерал-майорасул чин. Цогидал баяназда рекъон гьев чIвана Мациевская абураб росдал сверухлъиялда 19I8 соналъул июнь моцIалда багъарараб кьалда.   

Хунзахъа ХIасанов МухIамад

Россиялъул Пачалихъияб Рагъулабгун Тарихияб архивалда батараб Лъабабилеб Кавказалъул хъазахъазул дивизиялъул штабалъул бетIер Лазаревасул рапорталда хъван буго Дагъистаналъул чол бодул штаб-ротмистр МухIудин Доногъуев чIван вугин 1915 соналъул 6 июнялда Ракитно росдал сверухълъиялда багъарараб кьалда.  

ГIандиса полковник Шамхалов ГIумахан

Даргъиязул Ванаши-махьи росулъа ГIалиев Чамсулвара

Сугъралъа Улаев ХIажи

Лезгиязул Къасумкент росулъа Селимов ХIасан

Лъарагьазул СултIан-янгъиюрт росулъа Жамалудин Мусалаев кколаан дунялалъул ТIоцебесеб рагъул гуребги – ГIурус-Японазул рагъулги гIахьалчилъун. 1918 соналда гьев хIалтIулаан Дагъистаналъул Рагъулав губернаторлъун, 1919 соналда -  вахъана Кавказалъул МугIрулазул Цолъараб Республикаялъул рагъулав министрлъун. Большевикал берьгун хадуб гочана къватIисел улкабазде. ГIумруялдаса ватIалъана 1947 соналда.