Америкаялъ рахъ кколеб буго цогияб Гlиракъалъул

ГIиракъалъул курдазул регионалъул лидер Масуд Барзаница лъидаго бачIолъиялъул референдум гьабизе ахIи бан хадуб жидеца цогояб ГIиракъалъул рахъ кколеб букIиналъул лъазабуна Америкаялъ.

ХъахIаб Рукъалъул вакил Джош Эрнестица абуна «ГIиракъ къуватаб букIине бугин гьеб цогояб бугони»,- ян.

Хамиз къоялда курдазул автономияб мухъалъул бетIер Масул Барзаница регионалъул парламент ахIун букIана лъидаго бачIолъиялъул референдум тIобитIизе комитет гIуцIизе ва референдумалъе къо чIезабизе.

Ахирал анкьазда ГIиракъалда унел руго хIукуматалъул аскаразда ва суннитазул яргъидгIуцIаразда гьоркьор рагъал.

«Аль-КъагIидалдаса» батIа тIураб «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъ жиндирго контролалде гъоркье росун руго улкаялъул шималияб ва магърибияб рахъалда ругел кIудиял территориял.