Россиялда гьарурал терактазул 80% Шималияб Кавказалда гьарун руго

Меликов Сергей

2004 cоналдаса 2013 соналде щвезегIан Шималияб Кавказалда гьабун буго 618 теракт. Гьеб кколеб буго тIолабго Россиялда гьарурал терактазул 80 процент. Гьединлъидал бищун цебе Дагъистаналда хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул суал роцIцIинабизе кколин ва гьелъиеги цин гIолилазе букIине кколеб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабизе кколин лъазабуна гьал къоязда Дагъистаналде вачIарав Шималияб Кавказалъул Федералияб мухъалда президентасул вакил Меликов Сергейица. Гьесул рагIабазда рекъон, киналго идарабазул хIалтIухъабиги цадахъ рекъон хIалтIун рагъ базе кколеб кколеб буго Кавказалда бугеб экстремизмалде данде.

Гьал къоязда Дагъистаналде вачIарав Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетIер Меликов Сергейица лъазабуна, республикаялда бищун кIвар бугеблъун бугила хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул суалилан. Гьеб рахъ роцIцIинабизе ккани бищун цебе экстремизмалд данде къеркьезе кколин ва гIолилал битIараб къагIидаялъ куцазе кколин лъазабуна гьес. Кинаб нухдаса инеяли, щиб гьабилеб, сунде руссинеяли лъаларого ругел гIолилал бигьаго кколел ругила рохьилазул кьералъе, гьенир гIадада гIолохъаби чIвалел рукIиналъ ракIунтизабун бугин киназулгойилан лъазабуна Сергей Меликовас «Южный Щит» абураб цIаралда гъоркь тIобитIараб киналго идарабазул вакилзабиги гIахьаллъараб данделъиялда.

Сергей Меликов: «Россиялъул тушбабаз экстремизмги хIалае ккун Россиялдаса Кавказ батIагьабизе хIал бихьун букIана 90-абилел саназдаго. Цо талихIал гьелде дандечIей гьабизе кIвана нилъеда, гьел изнугьечIого яргъидгIуцIаралги дагь-дагьккун тIагIинарулел, рикьа-риххизарулел руго. Амма гьеб экстремизм тIагIинабун жеги бажарулеб гьечIо, гьеб цIилъизабизе, тIибитIизабизе къваригIун гьелда тIад хIалтIулел руго Россиялъул тушбаби. Гьединлъидал экстремизмалъул суал жеги кIвар бугеблъун ккола Россиялда ва хас гьабун Шималияб Кавказалда».

Сергей Меликовасдаго цадахъ Дагъистаналде вачIарав Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул жанисел ишазул идараялъул нухмалъулев Сергей Ченчикицаги Меликовас бицаралъул рахъги ккун, лъазабуна гьаб сагIат Шималияб Кавказалда захIматаб хIал букIиналъе гIайибиял ралагьизе лъугьиналъ щибго пайда кьезе гьечIила. Гьел ралагьулел рукIинчIого гьеб рахъалда бугеб захIматаб ахIвал-хIалги хIисабалде босун гьеб роцIцIинабиялъе букIине кколеб хIалтIи гьабизе кколилан.

Сергей Ченчик: « Зама-заманалдасан шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал захIмалъула, гьелъие бищун кIудияб гIиллалъун буго гьеб регионалда ругел изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаби. Бечедаздаги мискиназдаги гьоркьоб цIакъго кIудияб батIалъи букIин, хIалтIигьечIолъи, экономикиял масъалаби, миллатазда гьоркьоб бугеб дандеккунгутIи – гьеб кинабго буго экстремизм тIибитIиялъе гIиллалъун. 2004 соналдаса бахъараб, 20I3 соналде щвезегIан Шималияб Кавказалда гьабун буго 6I8 терракт. Гьеб заманалда жаниб Россиялда гьарурал террактазул 80 процент террактазул кколеб буго гьеб».

Меликовасулгун букIараб дандчIваялда Дагъистаналъул динияб идараялъги лъазабуна жидеда цебе чIараб аслияб масъалалъун бугила гIолилал битIун куцаялъе суалалилан. Гьеб экстремизмалде данде къеркьолеб ва букIине кколеб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабулеб бугила республикаялда бугеб 2550 динияб гIуцIиялъилан лъазабуна динияб идараялъул вакилзабаз. Меликовас лъазабуна гьедин диниял идарабиги, къуваталъул идарабаги, лъай кьеялъул идарабиги жамгIиятги цолъун цадахъ къеркьечIони экстремизмалде данде, хIасил кколарилан. Сергей Меликовас разигьечIолъи загьир гьабуна цо-цо школазул нухмалъуда экстремистияб бербалагьиялъул нухмалъулел рукIиналъ. Гьединав чи школалъул бетIерлъудаяли кив гурин гьениве къазецин тезе бегьуларин лъазабуна гьес. Амма Россиялъул къануналда рекъон гьединав чи хъулухъалдаса вахъизе кIолев вуго цохIо бакIалъул нухмалъиялда, гьеб иш бигьалъизабизе букIине жидеца хасаб къанун хIадурун бугин, гьеб хIалтIизе лъугьун хадуб школалда гурелги бокьараб батIияб пачалихъияб идараялда хIалтIулел гьел экстремистияб бербалагьи бугел гIадамазда бигьаго хIалтIи тезабизе кIолин лъазабуна республикаялъул прокурор Шанавазов Рамазаницаги.

Кинаб рахъалъ босаниги пачалихъалъул бищун аслияб масъала бугила гIолеб гIелалъе лъикIаб букIинесеб чIезабиялъул суалин, гьединлъидал Дагъистаналда цIидасан гIуцIизе бугила хас гьабун гIолилазул ишал тIуралеб министерлъийиланги лъазабуна Сергей Меликовас.

Гьединго Меликов дандчIвана «Дельфин» абураб хIухьбахъи гьабулеб бакIалда ругел Украинаялдаса т Iурун рачIаралгун. Гьезда Меликовас лъазабуна нужее къваригIанщинаб жо чIезабизе бугила республикаялъул нухмалъиялъги, пачалихъалъул тIалъиялъгийилан. Дагъистаналда рукIине нуж расги хIинкъугейила, нужее хIинкъигьечIолъиги чIезабизе бугин абуна гьес. Гьединго гьев щвана Хъумторхъала мухъалъул Тюбеялда бугеб чаналиго соналъ балеб букIун исана рагьараб цIер гьабулеб заводалдеги, гьединго Дагъистаналъул техникияб университеталда гIолилазул жамгIиял идарабазул вакилзабигунги дандчIвана гьев.

Александ Хлопонинил бакIалда Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул нухмалъулевлъун Сергей Меликов тIамуна исана май моцIалда. Генерал Меликовас цебе нухмалъи гьабулеб букIана Шималияб Кавказалда ругел Россиялъул армиялъул жанисел аскаразе. Гьев ккола Дагъистаналдаса, лезги миллаталъул чи.