Энергетикаялъул цIех-рех гьабулеб Оксфордалъул институталъул махшелчи Джеймс Хендерсоница абулеб буго «Газпромалъ» багьа тIад чIезабулеб бугин улкабазул альтернативиял ресазда рекъон. Ва гьеб идараялъул хьвада-чIвади – монополистаз гьабулеб ханлъиялда релъараб бугин.
Багьа чIезабулеб буго гьаб ялъуни доб улкаялъе газ бичулел цогидал конкурентал ругищ-гьечIищали балагьулаго.
Цо-цо мискинал улкабазе «Газпромалъ» газ цIакъ хираго бичулеб буго. Бищун кIудияб багьа чIезабун буго Македониялъе – азарго кубометралъухъ 564 доллар.
Халкъаздагьоркьосеб валютаялъул фондалъул хIисабалда Македониялялъ щуабилеб бакI кколеб буго Европаялъул бищун мискинал улкабазул сияхIалда. Босниягун Герцеговинаялда хIалтIухъанасе кьолеб гьоркьохъеб даражаялъул мухь Германиялда кьолеб мухьалдаса щуго нухалъ дагьаб бугониги, гьеб улкаялъ азарго кубометралъухъ 515 доллар кьолеб буго.
«Газпромалъе» дагьаб къадаралда гIарац кьолел Европаялъул бечедал улкабазде гIунтIизабулеб буго Россиялдехун тамахаб бербалагьи бугеб гIайиб.
Исана март моцIалда Россиялъ Украиналде гъорлъе унеб Крымалъул аннексия гьабуна. Гьелдаса нахъе багъарараб кьалда Россиялъ сепаратистазе квербакъи гьабизе байбихьана. Гьелда бан Цолъарал Штатаз ва Евроцолъиялъ Россиялде санкциял лъазаруна.
Амма Россиялъул газ учузго бичун босулел Германия, Австрия ва Франция жеги кьварарал санкциязде данде чIун рукIана.
Германия ккола Россиялъул газ бищун кIудияб къадаралда босулеб улка. 2013 соналда гьелъ бичун босун букIана 40 миллиард кубометр. Франциялъ гьоркьоса къотIичIо Россиялъе рагъулал гуми бичун кьеялда хурхараб цебе гьабураб къотIи-къай.
Азарго кубометралъухъ 397 доллар кьолеб Австриялъ июнь моцIалда гъулбас лъуна Украина тун, батIияб нухалдалъун Европаялде Россиялъул газ бачунеб рогIороялъул жиндирго манзил баялда хурхараб къотIиялда гъоркь.
Гьадинабго къотIиялдаса инкар гьаби тIалаб Болгариялдаса гьабуна Евроцолъиялъ ва гьеб улка мукIурлъизабуна. Рахсезин – Болгариялъ «Газпромалъе» азарго кубометралъухъ кьолеб гIарац нусго долларалъ цIикIкIараб буго Австриялъ кьолеб багьаялдаса.
Кремлалъ хIаракат бахъулеб буго жиндирго Гумурукалъул цолъиялде гъорлъе цогидал улкаби ахIизе гъозие учузаб багьа чIезабун.
Исана ноябрь моцIалда Украиналъул вукIарав президент Виктор Януковичас Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялда хурхараб къотIи-къаялдаса инкар гьабун хадусала, Россиялъул президент Владимир Путиница къасд гьабуна Киев Гумурукалъул Цолъиялде цIазе (гьабсагIат гьеб Цолъиялде гъорлъе унеб буго Казахстан ва Белоруссия).
Путиница Украиналъе рагIи кьун букIана 15 миллиард долларалде бахунеб налъи тIалъа лъугьизе ва Украиналъе бичулеб газил багьа гIодобе биччазе. ТIад балагьани – газил багIаялъ гьедегIан кIудияб асар гьабулеб гьечIо Гумурукалъул цолъиялде гъорлъе жубаялъе.
Мисалалъе босани Россиялъ Белоруссиялъе газ бичула бищун учузго. Азарго кубометралъухъ 166 доллар. Жиб Гумурукалъул цолъиялде гъорлъе ине хIадураб буго ян гъоркьиса лъазабураб Армениялъийн азарго кубометралъухъ 189 доллар кьолеб буго. Гьеб кIиябго улкаялъ Россиялдаса гурони, тIокIаб бакIалдаса газ бичун босулеб гьечIо.
Белоруссияго гIадин – Сербияги ккола Россиялъе гIагардисеб улкалъун. Амма гьелъ азарго кубометралъухъ 457 доллар кьолеб буго ва гьеб буго Россиялъул газалъухъ тIадегIанаб даражаялъул багьабазул цояб.
Сильвио Берлускони премьер-министрлъун вукIараб заманалда гьабураб къотIиялда рекъон Италиялъ азарго кубометралъухъ кьолеб буго 440 доллар.
Гьалеха, абулеб буго Хендерсоница, къотIи гьабулеб мехалда гьай-гьай хIисабалде тIоцебесеб иргаялда экономикияб аспект босулеб бугин. Аммаила Цого мехалда экономикиял кIалъа-басаязда гьабизисеб хIукмуялъе политикиял гIиллабазги асар гьабулеб бугин.