Штайнмайерица абуна «гIарадаби чIун хадуб гурони» кIалъа-ралъаязул гьаракь рагIунарин

Алманиялъул къватIисел ишазул министрас абуна Украиналда кризис рагIалде бахъине рес гьечIин гьениб кьвагьи чIезабичIогойин. 2 июлалда Берлиналда Франциялдаса, Россиялдаса ва Украиналдаса жиндиргун пиша цоязда цеве кIалъалаго Франк-Вальтер Штайнмайерица абуна «гIарадаби чIун хадуб гурони» кIалъа-ралъаязул гьаракь рагIунарин.

Украиналда сепаратистаз талат къоялдаса арбагI къоялъул сардилъ 19 нухалда гьужум гьабун буго украиналъул армиялъул бакIазде. ЧIван вуго лъабго аскарияв, жеги анцIгояв лъукъун вуго. Гьедин лъазабуна Укриналъул улка цIуниялъул ва миллияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца.

Гьесул рагIабазда рекъон, сепаратистазул батIи-батIиял къукъабаз хIаракат бахъулеб буго сверун ккураб бакIалдаса рорчIизе, гьедин, Миллияб гвардиялъ Славянскалда ва Карачун магIарда аскIоб нахъчIван буго чанго гьединаб гьужум.

Гьединго нахъчIван руго Луганск икълималъул Меловое росдада аскIор гьарулел рукIарал гьужумалги.

Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ тIобитIулеб антитеррористияб операциялъул гIурхъабалъ кквезеги ккун Киевалде щвезавун вуго сепаратистазул координаторазул цояв Горловка шагьаралъул мэрлъун живго лъазавурав Владимир Колоснюк. Гьедин лъазабулеб буго УНИАНалъ.

Колоснюкида тIад рагьун рагIула «террористияб идара гIуцIи» абураб гIайибги гIунтIизабун такъсир гьабиялъул иш.