Россиялъул гIаммаб лъайкьеялъул школазда малъулеб гIурус мацIалъул ва литератураялъул киналго школазда цо тIехь хIажат букIиналъул суал цебе лъолеб буго Дагъистаналъул рахъалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутат СафаргIалиев ХIажиметица. Гьеб суал улкаялъул президент Владимир Путингун дандбазе буго гьес хамиз къоялда миллатазда гьоркьосел суалазул рахъалъ тIобитIулеб данделъиялда. Кинал ругел гьелъие гIиллаби ва кинаб бугеб гьелда тIасан жалго гIурус мацIалъул мугIалимзабазул пикру?
Школазда г1урус мацIалъул ва литератураялъул цо тIехь хIажат бугилан абураб суал борхана гьал къоязда Пачалихъияб Думаялда вугев Дагъистаналдаса депутат СафаргIалиев ХIажиметица. Гьесул рагIабазда рекъон гьанжесеб гIелалда гIурус мацI лъикIго лъалеб рагIуларо, гьединлъидал цохIо тIехь бугони гIурус мацIалъул дарсал кьолелъул халтIизабулеб, гьелъ хисизабизе буго гьеб гIунгутIи. Гьеб суал хамиз къоялъ миллатазда гьоркьосел суалазул рахъалъ тIобитIулеб данделъиялда, улкаялъул президент Владимир Путинида цебе лъезе ракIалда буго депутатасда.
ГIурс мацIалхул ва литератураялъул рахъалъ цогояб тIехь хIажат букIиналъул суал гьесдсаги цебеги борхун букIана Пачалихъалъул Думаялъул депутатаз. 2013 соналда гьединаб пикру загьир гьабуна букIана «Цогояб Россия» партиялъул вакил Яровая Иринаца. Жакъа тарихалъул ва гIурус мацIалъулгун, литератураялъул батIи-батIиял тIахьал рукIиналъул заралалъул бицунаго депутаталъ абулеб буго, цо мадугьалихъ гIумру гьабун ругел, амма батIи-батIиял школазда цIалулел лъималазда, цIалул тIахьал батIи-батIиял рукIиналда бан гьезул щивасул батIияб бугин тарихалда ва гIурус мацIалъул ва литератураялда хурхун пикраби.
Амма гьаниб суал бачIунеб буго магIарухъ гIумру гьабун вугев гIолиласеги, Москваялда бищун цебе тIурабин рикIкIунеб школалда цIалулев гIолиласеги цохIо тIехь дандекколищин абураб. Гьеб суалалда тIасан Дагъистаналдаса гIурус мацIалъул ва литетаратураялъу
Хунзахъ мухъалъул ГьоцIалъ росдал школалда мугIалимлъун хIалтIулей йикIарай ХIасанова ПатIиматица гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго, щай гурелъул Пачалихъалъул цогояб экзамен киса-кибего кьезе байбихьараб мехалъ цIалул программаги цо гьабизе кколилан. Инкъилаб бергьун хадуб байбихьараб ва советияб заманалдаго цIунун хутIараб программа бугин жакъаги мугIрузул мухъазда школазда хIалтIизабулеб. Гьелъ шагьаразда ругезда дандеккун росулъ ругезе щолеб лъай мукъсанаб бугин, амма гьеб ахIвал-хIал хисизабизе кколин абулеб буго ПатIиматица.
ХIасанова ПатIимат: «Гьеб битIун гьечIо. Гьале исана микьабго сон буго Пачлихъалъулаб Цогояб экзамен кьезе байбихьаралдаса, гьелъул магIна букIана шагьаралда вугесдасаги росулъ колотIа гIумру гьабун вугев гIолиласдасаги тIалаб гьабизе кколин лъаялъул цого къадар абун. Гьедин бугеб мехалда лъай кьеялъул программаги цо гьабизе кколаан гьаз, хасго гIурус мацIалъул, щайгурелъул гьеб бугелъул сундулго аслу. Дида кколеб буго гьеб суалалде рачIине кватIунцин ругин гьелилан, гьеб букIана цебего гьабизе кколеб хIалтIи.
Жакъа шагьаралда ругел лъималаздаса къун ресал гьечIо лъай щвезе бокьани магIарухъ ругезулги. Буго интернет, буго телевидение, руго цогидалги ресал. Гьединлъидал тIехьги цо букIине ккелаха хIалтIулеб. Лъала жакъа азарго батIияв авторасул ва редакциялъул цIаралда риччалел руго тIахьал, амма гьелда бараб жо букIине кколаро, тIехь цо бугони, лъай кьеялъул тIалабалги цо ругелъул».
Амма ХIасанова ПатIиматил пикруялъул рахъкколеб гьечIо МахIачхъалаялдас
ГIалимирзаева Зайнаб: «Цоги, мисалалъе тахшагьар МахIачхъалаялдаг
Гьеб цо тIехь хIадур гьабунани лъималазул лъай тIубанго нахъеккезе буго, гьадингоги ЕГЭ сабаблъун кепкитIе ккун буго гьеб. Дида лъаларо цо тIехь хIадур гьабуни гьеб букIине кколеб батула ЕГЭ-ялъул стандартазда дандекколеб, гIелмияб мацIалда хъвараб захIматаб тIехь. Циндаго школазда хIалтIизабизеги биччазе бегьуларо гьеб.
Совет хIукуматалъул заманалда букIараб гIадаб лъай кьеялъул программаялде щвараб прогрмма дунялалда кибниги рагиIчIоха дида, амма гьебги тIа-тIала ккезабун буго.
МагIарухъ бугеб жоялъул щай нилъеца бицунеб, гьаниб шагьаралда, ясли-ахазда ругел лъималазул къадар буго буго гIицIго 25 процент. Гьеб буго цIакъ дагьаб процент. Школалда цебесеб лъай щвечIел лъималазе цогояб тIехьалдаса гIурус мацI кьезе лъугьани гьезда гьеб киданиги бичIчIизе гьечIо».
ХIасил-калам цогоял тIахьал чIезаризе кколин абураб суалалалъул рахъалъ кватIун ругин гьелъул бицунел чагIиян абуна Зайнабица ахиралда. Гьелъул гьез бицине кколеб букIанин Пачалихъалъул цогояб экзамен школазда билълъанхъизабиз
ГIурус-мацIаллъу