Радикалиял бусурбабазул некIогоялдаса анищ букIун буго ГIагараб Машрикъалда халифат цIигIуцIизизе.
Щибха кколеб халифатилан абураб суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго нижер радиоялъул мухбираз. Халифат гьеб кколин МухIаммад аварагасда хадуб бусурбабаз бараб пачалихъ.
Халиф кколаан гьесул ирсилавлъун ва бусурбабазул рухIиявгун политикияв цевехъанлъун. Тарихалда тIоцебесеб халифат ай – «Рашидун» – гIуцIун букIана 632 соналда ва 661 соналде швезегIан гьелъие нухмалъи гьабулаан Ункъго РитIухъав Халифас – Абу Бакрица, ГIумарица, ГIусманица ва ГIалица.
Гьездаса хадуб батIи-батIиял династияз бусурбабазе нух малъулеб букIана. Масала Уммаядазул (661-750 соназда) ва ГIаббасидазул (750-1258 соназда). Монголаз ханлъи гьабизе байбихьун хадусала гьеб гьоркьоса къотIун букIана.
1453 соналда турказ гIуцIана цIияб халифат. 1924 соналда гьениб букIараб пачалихъияб хиса-свериялъул хIасилалда тIалъиялде вачIарав турказул тIоцевесев президент МустIапа Кемаль Ататюркица халифат нахъе бахъун, Туркиялъул республика лъазабуна.
Лондоналда бугеб Къиралияб колледжалда ислам лъазабулев доктор Карол Керстеница абулеб буго, халифат шиитазе гуреб - суннитазе хасиятаб политикияб нух бугин.
Шиитазул пикруялда бусурбабазул церехъабилъун рукIине кколин МухIамад-аварагасул дурц ва цого мехалъ вацIгьал ГIалил наслудул чагIи. Амма суннитазул хIисабалда цевехъан бусурбабазул умматалъ вищизе кколин.
Кэрол Керстен: «Шиитаз, байбихьудасанго ГIалида халифилан абулеб букIинчIо, гьез гьесда имамилан абулаан. Гьелдалъун имамзабазул силсилаги къабул гьабуна гьез».
Амма суннитаздаги гьоркьоб цо гуреб нухалъ дагIба ккун букIана гьеб ишкалалда сверухъ. Халифасул цIаралъе мустIахIикълъизе жиндир заманалда къец гьабулаан Испаниялдаги Мисиралдаги.
ГIемерал аналитиказул пикруялда ГIиракъалъул ва Сириялъул ракьазда цIияб халифат лъазаби гьеб бугин ГIиракъалъул кIудияб территория кодобе босараб «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб багъа-бачариялъул рагъухъабаз жидее щвараб икъбал ва бергьенлъи къанунияблъун бихьизабизе гьабулеб къасд.
Керстеница абулеб буго гьединаб алтернатиявияб исламияб системаялъ ГIагараб Машрикъалда ругел гIурхъаби мухIканал гуреллъун гьаризе бегьулин.
Карол Керстен: «Халифат лъазабулаго, гъозие бокьун буго гьеб территориялда тIад жидерго контроль тIад чIезабизе гьелъие къанунияб статус кьун. Ва гьеб политикияб къагIида халкъаздагьоркьосеб системаялда хIалтIулеб миллияб пачалихъалъул моделялда тIубанго батIияб буго».
Халифат лъазабизе гьабураб къасдалъ кIудияб асар гьабизе бегьулин жигьад бачулезе, хасго Аль-КъагIида гIуцIиялъул букIинеселъе. Сириялда гьеб гIуцIиялда ва Аль-КъагIидаялда гьоркьоб багъарараб дагIбадул хIасилалда Аль-КъагIидаялъ «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъалдаса» инкар гьабун бугоан.
Аль-КъагIидаялъ гIемерал соназда жаниб нухмалъи гьабулаан жигьадистазул багъа-бачариялъе. Амма гьелда гьабизе кIвечIел ишал гьабизе кIвана «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъалъул» рагъухъабазда - ГIагараб Машрикъалда гIемерал ракьал рахъун.
Халифат лъазаби гьеб гьединго кколин ГIараб улкабазе, тIоцебесеб иргаялда – СагIудиязул ГIарабиялде данде гьабулеб ишлъун, ян абулеб буго Керстеница.
Карол Керстен: «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» гIадал гIуцIабазе СагIудиязул ГIарабиялъ квербакъи гьабулеб бугониги – халифат лъазаби лъикIаб ишлъун гьелъ рикIкIине гьечIо, щай гурелъул Макка-Мадина цIунулевлъун рикIкIунев СагIудиязул къираласде данде гьабураб хIукму гьеб букIиналъул».
Фруд Бежанил макъалаялдаса, RFE/RL