Аргентинаялъул вице-президент жавабчилъиялде цIазехъин вуго

Аргентинаялъул вице-президент Амадо Буду диваналъ жавабчилъиялде цIазехъин вуго. ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон Будуца хIилла-макру гьабулеб букIана экономикияб министрлъун хIалтIулеб мехалда.

Гьесде гIунтIизабун буго ришватчилъиялъул гIайиб. Живго Аргентинаялъул вице-президентас гьеб гIайиб нахъ чIвалеб буго тIубанго.