Анкьил тIаса рищарал суратал: 23 - 28 июнь
Сириялъул тIадиараз жидеца бихьизабураб кинабго химикияб ярагъ халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъе кьун буго гьеб ралъдалъ тIагIинабизелъун.Химикияб ярагъ гьукъулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъул бетIер АхIмад Узюмджюца лъазабуна, 1 3000 тоннаялде бахунеб ахирисеб бутIа Сириялъул Латакия абулеб порталда гамиде тIамун, ралъдалъе битIун бугин.
Афгъанистаналъул рищиязул Лъиданиги бачIеб комиссиялъул секретариаталъул бетIер Зия ул-ХIакъ Амархелица лъазабуна, жинца жиндияго бокьун хъулухъ толеб бугин. Рищиязул кIиабилеб тур унеб мехалда полициялъулаз гьев ккун вукIана кодор рилълъанхъизаричIел бюллетеналгун кодор, ва гьелдалъун кIудияб дагIба багъарун букIана гьесда сверухъ.
Украиналъул Донецк икълималъул Славянск шагьаралда аскIоб бортана терроризмалде данде бачунеб операциялъулъ хIалтIизабун букIараб Ми-8 тайпаялъул тирело. Гьеб операциялъул хIакъалъулъ информация кьолеб къукъаялъул бетIер Владислав Селезнёвасул баяналда рекъон гьелда рекIун вукIана 9 чи. Тирелоялде кьвагьи габун букIанин зенитияб комплексалдаса.
Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица 23 июнялда официалияб сапаргун вачIун вукIана ГIиракъалъул тахшагьар Багъдадалде. Гьеб сапаралъул аслияб мурад - ГIиракъалъул ахIвал-хIал рукIалиде ккезабиялде нухал рати.
WikiLeaks сайталъе кьучI лъурав Джулиан Ассанж мустахIикълъана Казахстаналъул журналистазул цолъиялъул премиялъе.
Рехсараб цолъиялъул бетIер Сейтказы Матаевасул рагIабазда Лондоналда бугеб Эквадоралъул вакиллъиялда вахчун чIарав рекъон Ассанжие шапакъатги гIарацги почаялдалъун битIизе буго.
НАТО-ялъул улкабазул къватIисел ишазул министрабазул хиял буго Украиналъул улка цIуниялъе хIалае цадахъаб фонд гIуцIизе. намерены объявить о создании совместного фонда в поддержку оборонного потенциала Украины. Гьадинаб хIукму гьабун буго 24–25 июня Брюсселалда тIобитIараб данделъиялда. Ярагъ кьеялъул суал гьоркьоб лъун букIинчIо.
Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ Тажикистаналъул тIадтараздехун буссун, тIалаб гьабулеб буго Александр Содиков эркенлъуде вичча, гьесие медицинияб ва адвокатазул кумек гьаби. ГIалимчи Александр Содиков ккун вукIана исана 16 июня. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб - пачалихъалъе хияналъи гьаби.
24 июнялда Еврошураялъул Парламентияб Ассамблеялъул данделъиялда Азербайжаналъул президент ИльхIам ГIалиевас калам гьабун хадусала Европаялда гIумру гьабулел азирбайжанияз протесталъул акция гIуцIана. Гьез тIалаб гьабулеб букIана ватIаналда политикиял гIиллабаздалъун жанире тIамурал хвасар гьари. Азербайжаналъул президентас абулеб букIана улкаялда фундаменталиял эркенлъаби цIунулел ругин.