МархIаба, Шагьру-Рамазан

МахIачхъалаялъул аслияб мажгит Рамазан моцI байбихьизегIан. 2014 соналъул 27 июнялда бахъараб сурат.

ТIаде щвана бусурбабазул хирияб моцIазул цояб, кIалкколеб Рамазан моцI. Дагъистаналда исана гьеб кколеб буго шамат къо, къоло микьабилеб июнь. Амма тахшагьаралъул аслияб мажгиталъул имамас абуна жеги гьеб мухIканаб баян кколарилан, къаси цIияб моцI баккун бихьичIони кIалкколеб къо букIине бугин гьатIан къо 29 июнь.

Бусурбабазул хирияб, кIал кколеб Рамазан моцI тIаде щвана. 27 июналда рузман какда цебе МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам, СагIадуев МухIамадрасулица тIолалго бусурбабазда хирияб моцI тIаде щвей барканиги абуна шамат къо 28 июналда кIал кквезе бугищали жеги чIванкъотIун лъалеб гьечIила. Гьеб лъазе бугин маркIачIул какдаса хадуб цIияб моцI баккун бихьаниян.

МухIамадрасул-хIажи СагIадуев: «ТIадегIанав Аллагьас ургъунго гьабун батила гьадин кIал кколев чи гIащикъ вукIине Рамазан моцIалъухъ, кида кIал кколеб кколебали гьесда ахирисеб къоялъ лъагIан лъазе течIолъиялъул магIнаги гьеб бугин ккола дида. Дида битIун бицани гьабсагIатги чIванкъотIун абизе кIоларо метериш кIал кколеб, ялъуни сезе 29 июналдайищали.

Нилъеда гьеб лъазе буго къаси бичас биччани маркIачIудаса хадуб цIияб моцI баккун бихьани. Гьединлъидал нилъее гьелъ квал-квал гьабизе кколаро къаси мажгиталде рачIун цадахъ жамагIат гьабун как базе ва щиб лъалеб къаси моцIги бихьун таравихIазул какги бан букIине бегьула нилъеца, къаси моцI бихьичIони метер къаси рала ва 29 июналда кIалги квела Аллагьас хъван батани.

Кин бугониги дица нужеда ракI ракIалъ баркула гьеб байрам, хIакъикъаталда нилъ талихIал чагIи руго исанаги нилъее рес щвана гьаб хирияб моцIалда дандчIвай гьабизе ва Аллагьасе гIибадат гьабун кIалги кквезе».

Лъалеб букIахъе исанаги Рамазан моцI кколеб буго роол бищун багIарараб гIужалде. КIалкквезе ният гьабуралдаса гьеб биччазегIан гьоркьоб буго 18 сагIат. ЛъагIалил заманалда жаниб гьеб бищун халатаб гIуж ккола кIалкколев чиясе.

Амма бацIцIадаб нияталдалъун кIал кколев чиясе гьеб бугин иман щула гьабизе кьураб кIудияб ресилан бицана МухIамад-расул СагIадуевас. КIалкквеялъул ругел адабазул бицунаго гьес абуна кIалкквеялъул цо-цоязда бичIчIулеб бугин гIицIго кванидасагун лъедаса инкар гьабиялдалъун абун.

Амма хIакъикъаталдайин абуни цохIо гьелдалъун лъугIуларин кIалкквезе гьабураб ният. Гьедин бусурбаби гурел чагIазцин кIалккул моцIалъ бусурбабаздехун гьабулеб адаб гьабун бахъунеб гьечIин жакъа цо жал бусурбабайин рижун ругел чагIазда.

МухIамадрасул-хIажи СагIадуев: «РекIекълъизе ккараб жо буго жакъа жал бусурбабийилан абулел цо чагIи жеги ругьунлъун гьечIо кIалкквеялъул бугеб кIудияб кIваралъул пикру гьабизе. Гьединлъидал гьезие гьаб моцI Рамазан моцI кколаро гьезие гьеб букIине буго гIадатияб июль моцI.

Амма дие абизе бокьун буго кигIанго рикIкIада гьел рукIаниги кIалкквеялдаса, гIадамазда цебегIаги жидерго гьеб рекъечIеб гIамал бихьизабичIого тани, гьеб ТIадегIанав Аллагьас хIисабалде босичIого толаро.

Жакъа кигIан сурукъгоха рукIонел цо-цо МахIачхъалаялъул къватIазда гIадада къад цогидал муъминзаби кIалги ккун ругеб мехалъ цогидаб къавм квана-гьекъолел ругеб мехалъ.

Исламалъул рукIа-рахъиналъул рахъалдаса балагьани гьеб буго кIал ккурав жиндирго диналъул вац хIакъир гьави гIадаб жо, гьединлъидал бокьилаанин гIаракъи-чагъир бичулез гьебги бичичIого тани.

Гьебниха гьадинги къануналъги гьукъараб иш ккола, амма бокьилаан гьез къануналдаса хIинкъун гуреб Аллагьасукьа хIинкъун жибго тани гьеб пиша ва кIал ккурал гIадамазул адабги гьабун гьел сабруялде рачIани».

Гьединго кIал кквеялъул ругел гIемер пайдабазул цояб ккола гьелъ сахлъиги цIунулеб букIин. Жакъа бусурбанал гурел пачалихъалда ругел батIи-батIиял гIалимзабицин мукIурлъулел ругин ракъун чIеялдалъун гIадамасул чорхолъ бугеб чанги унти къезабизе кIолеб букIиналъе.

Гъоркьисаго гIадин МахIачхъалаялда ва Каспийск шагьаралда ругел мажгитазда цебе исанаги рукIине руго сапаралъ рукIун ялъуни кIал биччалеб гIужалде рокъоре руссине заман гIечIел гIадамазе кIал биччазе къачIараб кванил тепси.

Гьединго араб рузман къоялдаса байбихьун МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда хIалтIулеб буго ресукъал чагIазе кванил нигIматал ракIаризелъун лъазабураб акция.

Гьединал гIадатиял гIадамазул бугеб гIадабцин кваназе жо рокъоб гьечIел хъизамал гIемер ругин жакъа республикаялда ва гьезие кIвараб кумек гьабизе ахIулел руго имам МухIамадрасул хIажияс.